МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда 25 гIанав чи хун вуго тIадекIанцIиязул хIасилалда


ГIиракъалъул территориялда 25 гIанав чи хун вуго хвалде унез 4 апрелалда гьарурал тIадекIанцIиязул хIасилалда. Лъукъун вуго бищун дагь босун 60 чи.

Хвалде унес Басра шагьаралда живго кьвагьизавиялъул хIасилалда хун вуго 5 чи, лукъун вуго анцIгояв. Гьеб теракталъул жавабчилъи жиндего тIаде босун буго Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъ.

Цогидаб тIадкIанцIи гьабун буго гьабун буго Багъдадалъул шималияб рахъалдеххун бугеб Машахдех шагьаралда Халкъиял мобилизациялъул къуватазул коллонна бачIунеб мехалда.

Хун вуго щуго чи. Ункъго чи хун вуго Багъдадалъул шималияб рахъалда контролалъул пункталда хвалде унес гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда. Ункъабилеб кьвагьи гьабун буго Эн-Насирия шагьаралъул ресторанлда, хун вуго лъабго чи.

XS
SM
MD
LG