МагъчIваялъе рес

Германиялде щвана Сириялдаса мигрантал


Евроцолъиялъулги Анкараялъулги рагIи дандеккеялъул хIасилалда Туркиялдаса Германиялде щвана Сириялдаса лъутарал гIадамазул тIоцебесеб къокъа.

Гьедин лъазабуна немцазул полициялъ. 4 апрелалъул радал Ганновералда рещтIана 16 мигрантги тIад вугеб аэроплан. Гьеб къоялъ Германиялде мигрантазул кинавниги 35 чи вачIине хIисабалде босун букIана бакIалъул нухмалъиялъ.

Байбихьуда гьел гIадамал тезе руго Гъоркьияб Саксониялда гьезие бихьизабураб мархьиялда.

XS
SM
MD
LG