Арал гIодоркъоязда бищун дагьав 33 чи гIумурялдаса ватIалъана, гьединго 200 чи лъукъа-къотIана МугIрузулаб Гъарабагъалда ккараб тунка-гIусиялъулъ.
Гьедин лъазабуна итни къоялъ ТАСС агентлъиялъ Дунялалаъул Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул БутIаялъ хIадурараб доклалде мугъчIвайги гьабулаго. ЧIваразда гьоркьов вуго рагъулав 30 хъулухъчиги гIадатияв лъабго чиги.
Цебеккун Бакуялъ лъазабулеб букIана гьеб бакIалда жидер I2 рагъулав чIванилан. Ереваналъ рехсолев вуго жидеразул I8 рагъулав чIваялъул. 3 апрелалда Азербайжаналъ лъазабун букIана жидеца цодагаьб мехалда чIезе толеб бугин МугIрузулаб Гъарабагъалда гьабулеб рагъ. Гьебго заманалда Армениялъ гьелда цIар лъуна Бакуялъул "информациялъул къорилан".
Гьедин кIиябго рахъалъ гIайибал гIунтIизарулел руго цоцазде - рекъел гьабулеб хвелги гьабун, кьвагьи гьоркьоб къотIизе течIилан.киналго гIайибал ва лъазабулеб буго гьеб кколин провокациягун спекуляциябийин.