МагъчIваялъе рес

Рачел борчилелде, чу кьололелде...


Расулица абулаан инсул кучIдул цIалеян гIадамаз тIамурабго жиндиралго цIалулел рукIанила.

Рачел борчилелде, чу кьололелде...
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:39 0:00
Интернет-мухъ

Нилъеца цебехун бицун букIана аваразул шигIру-кечIалъулъ ЦIадаса ХIамзатица гьабураб хIурияталъул ва гьес ккураб бакIалъул. Бицун букIана ХIамзатица хъванщинаб, халкъалъухъе щвечIеб кечI гьесул вас Расулица годекIабахъ гIадамазе цIалиялъулги. Амма живго Расулги машгъуллъун вукIана кучIдузде. Жинцаго хъвавухъе:

"Рачел борчилалде чу кьололалде,

Чирахъул канлъухъе къаси сардида.

РикIкIад кIкIалал росулъ, дир инсул рокъоб

Дица хъвана анкьго, гьижа бугеб мухъ..."

Живго Расулица абулаан инсул кучIдул цIалеян гIадамаз тIамурабго жиндиралго цIалулел рукIанила. "Цере ХIамзатица лъикIал кучIдул хъвалаан, щиб гьасие лъугьараб жогIаги, цониги сахаб жого рагIулеб гьечIо" - ян кIариялда велъулаан Расул хераз жиндир кучIдузе кьураб къиматалда тIад. Расул Расуллъун вукIинароан гьеб жиндаго тIад велъанхъулеб ирония букIинчIебани. Гьеб буго киналгIаги щакдараби, комплексал гьечIев цIакъго жиндир жинда ракI чIарав чиясул гIаламатал. Расулил гьеб букIана. Гьеб хераз абуралда релълъараб жо букIун батила, амма гьедигIанго вачIинахъего ХIамзатидаса ватIа вахъизе лъалеб хатI гьесул букIинчIо. Гьелъул гIаксалда Расул вукIана киналго цересел шагIирзабиго гIадин инсул шигIрияб школалда ва гьесул асаралда гъоркь. Хал гьабе гьал мухъазул:

"Москва, дур цIар бахъигун

ГIадамасул ракIалъе

ГIажаибаб хIикматаб

Асар лъугьунеб буго..."

ТIокIавги кинха ХIамзатида релълъинев? Дица хвалда цересел соназда гьал мухъал цIалигун кIариялда велъулаан гьел мухъазда тIад. БукIанила инсул асар ва кIолароанила байбихьуда гьесдаса ворчIизе. Гьале шагIирасул ракIалдещвеяздаса цо-цо бакIал: "Нижер хъизамалда инсуцагун васас цоцае кучIдул цIалулеб гIадат букIинчIо. Щивас жиндиего хъвалаан, къватIиса гIадамазухъа щолаан гьел рокъореги. Дун балъго кучIдул хъвазеян квал-квадулев чи вукIана. Лъеберабилел соназул кIиабилеб бащалъи букIун батила. ХIинкъараб, къаси нуцIида кIутIи чIвайкъотIиялда бащалъулеб квешаб заман букIана. Сардилъ ккун арал чи тIагIунаан. Цо-цо шуршур рагIулаан тIад ругел мекъал чагIаца коммунизмаялъул ва Ленинил нух хвезабулеб бугин. Щал гьел "мекъал чагIи" дидагоцин лъалароан. Дица кечI хъвана:

"Улкаялда, Ленин, квешаб хIал буго

ХIалихьатал чагIи гIемерлъун руго.

Дур нух малъулебин харбалги рицун

Халкъалда гIакъуба гьикъулеб буго..." - ян.

Гьеб кечI тохлъукьего инсухъе щун гьебги бихъун квешго вагъана эмен, къватIибе щвани нилъер тухум лъугIизабулин тIокIал гьедин ахIмакъал жал хъвагеян. Гьоркьоб заман инелде инсуда цебе гIайиб чуризе гIадин хъвана цIияб кечI:

"Дун Ленинил нухда тари гьечIого,

Тушман чIинтIулаго вилълъине вуго.

Сталинил малълъухъ свери гьечIого,

СагIат гIадин витIун хIалтIизе вуго" - ян.

Гьебги цIалун эмен велъана гьоркьоб бакI батизе кIолеб гьечIинха дудаян. Расулица бицунелдаса бихьулеб буго гьев паччахIаб пикруялъул, кIудиял амбициязул ва дуниялалда хъуй гьабизе вачIунев чи вукIин.

Гьев лъиданиги тIад рекъолев гьечIо, жеги гIумруялъул байбихьуда вугониги, гьес хIалев гьечIо Горькияс ХХ гIасруялъул Гомерлъун лъазавурав Сулейман Стальскийги, авар адабияталъул тIогьлъун рикIкIунев ХъахIабросулъа МахIмудги. Гьелъул бицина иргадулал макъалаялда. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG