МагъчIваялъе рес

1500 рагъухъан нахъ вуссана Европаялде


Терроризмалде данде къеркьолеб Нидерландабазул халкъаздагьоркьосеб Централъул цIех-рехалъул хIасилалда мугъчIван, Die Welt абулеб Германиялъул газетаялъ лъазабуна, Сириялдаса ва ГIиракъалдаса Евроцолъиялде тIад вуссун вугин гIага-шагарго азаралда щунусго рагъухъан.

ГIагараб Машрикъалда гьез рагъда гьахьаллъулаан террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб пачалихъалъул» рахъ ккун. Гьел рагъухъабазул аслияб къадар – Бельгиялдаса, Франциялдаса ва Германиялдаса ккола. Германиялъул хIукуматалъ рехсараб Централъе лъазабуна Германиялдаса экстремистазул кьеразулъ рагъда гIахьаллъизе ун вукIанин 750 чи. Гьезул нусгогIан чи чIван вугин.

XS
SM
MD
LG