МагъчIваялъе рес

Сириялъул аскарияз Эль-Карьятейн шагьар хвасар гьабуна


Сириялъул пачалихъияб армиялъ ДАГIШ абулеб террористикияблъун рикIкIараб гIуцIиялъул рагъухъабаздаса гьатIан къоялъ хвасар гьабуна Эль-Карьятейн шагьар.

Гьадин лъазабуна Сириялъул пачалихъияб телевидениялъ. КIудияб Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб Централъул баяналда рекъон Башар Асадил аскарияз тIадехун рехсараб шагьар хвасар гьабунин Россиялъул ва Сириялъул авиациялъул квербакъиялдалъун.

Эль-Карьятейн шагьаралда аслияб къагIидаялда насранияз гIумру гьабулеб буго. ГIемерал улкабазда гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ гьеб шагьар бахъана 2015 соналъул август моцIалда.

XS
SM
MD
LG