МагъчIваялъе рес

И.ГIалиев: "Азербайжаналъ данде кколеб жаваб кьуна провокациялъе"


Азербайжаналъул президент Илгьам ГIалиевас абулеб буго Эрмениялъул хиял гьечIин Гъарабахалъул конфликт рагIалде бахъинабизе. Гьесул рагIабазда рекъон Азербайжаналъ заманалъулаб маслихIаталъул къотIи хвезабичIо, амма эрменазул провокациялъе данде кколеб жаваб кьуна.

Гьединаб баян загьирабулеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ. ГIалиевас гьединго тIаде жубана жиндир мурад гьечIин кIалъа-басаязда гIахьаллъизе гIицIго кIалъа-басаязе гIолоилан.

МугIрул Гъарабахалъул регионалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцараблъун хутIулеб буго. Бакуялъул лъазабиялда рекъон гьениб багъарараб кьалда Азербайжаналъул 12 рагъулав хъулухъчи чIван вугин, Ереваналъул баяналда рекъон, чIван вугин 18 эрменав.

XS
SM
MD
LG