МагъчIваялъе рес

"Дица цо диего памятник бана"


"Дица цо диего памятник бана"
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:52 0:00
Интернет-мухъ

ЧIван къотIараб адрес, къватI, рукъ, гьенир жанир рукIарал гIадамазул къисмат, ретIа-къай, квен-тIех, мадугьалзабазулгун гьоркьорлъаби, битIахъе заманаялъ кинодул лента нахъе цIарал гIадал суратал рачIунел рукIана цере.

ЧIаголъулел рукIана гьел нилъедаго рихьичIел гIадамал ва гьезул гIумру махщалида хъвараб тексталъ, гIадамазул каламалъ. Светланаца гьеб кутакалда махщалида, къачIа-кIатIан, цIаларас къабул гьабуледухъ кьолеб букIана.

Амма хадуб батIи-батIиял газетазда, жибго тIехьалда рахъарал героязулги, гьезул къиматалъулги, хасго цIаразухъ балагьун миллатлъулги хал гьабурабго дида бичIчIана цойги хIакъикъат - "нилъехъе шагьар бахъун ана батIиял, гIалхулал, шагьаралъул культураги гIумруги бичIчIуларел гIадамаз" абураб.

Гьеб, узухъда, дие бокьичIо, магIарулав хIисабалдаги, кватIун шагьаралде вачIарав чи хIисабалдаги. Бокьилищха кигIан махщалида ва цIалуледухъ хъвараб макъала бугониги гьеб дида бичIчIулаан цо-цо мехалда "дуцаги хвезабуна, бахъун ана дир шагьар" абураб бадибчIвай гIадин.

Цогидаб рахъалдаса хIакъикъаталъухъ валагьани дида йитIун йихьулей йиго Светалана Анохинаги гьелъул героялги "БукIана гьединаб шагьар" абун пикрабалъгун ракIалдещвеязулъниги гьеб цIунизе къеркьолел.

Гьезда гIайиб гьечIо, букIана гьединаб шагьар, гьечIо гьеб жакъа. Кинаб шагьар гьеб? Кидаялиго жаниб тIадегIанаб шагьаралъул культураги, чIагояб гIумруги, гIатIидал къватIалги, гIурччинал сквералгун паркалги, жаниб литератураялъул, искусствоялъул, гIелмиябгун творческияб интеллигенцияги, хIалтIухъабигун махщелчагIиги ругеб шагьар.

ХIурият бергьун хадуб дагь-дагь ккун лъвахъана букIараб шагьаралъул цо-цо гIаламатал. ГIуцIана цIияб шагьар, гIемер рухIияб рахъалъ камилаб гьечIониги гIуцIана, бана, къачIана, жаниб гIуна цIияб халкъ.

Идеологиялъгун партиялъ чIвачIо шагьаралъул рухIияб рахъгун культура, гьаруна цIияб заманалъул дагьалго хисаб-басиял. БукIана чIагояб шагьар, тIубараб улкаялдаса хIухьбахъиялъе гIадамалги рачIунеб, берцинаб ралъадги, гьайбатал мугIрулги, сверухъ авлахъалгун ахалги ругеб, гIурччинлъиялъулъ тIерхьараб шагьар.

СССР биххун хадур шагьаралде бачIанаб къокъаб заманалда жаниб гIемераб халкъ. КинабгIаги культураги гьечIеб, гъоркь ругел гIадамаз гIумру гьабулеб къагIидаялъухъги балагьулареб. Гьел лъугьана шагьаралдаса росу гьабизе.

Рагъи цебехун цIазе, подъездалда цун тукаби разе, гIурччинал скверал, ахалги къотIун заправкаби, ашбазал,складал ва цогидаб цебе ккараб жо эхетизе, алъулги зарал букIинарин.

Гьеб киналъего хIукмаби ричулеб мэриялдаги рукIана киналго колхозалдаса бачIараб халкъ, шагьар ва гьелъул культура щибали лъалареб. Гьеб халкъалъ чIвана шагьар. Гьеб киналъго бижизабуна "БукIана гьединаб шагьар" абураб проектги.

Щибаб заманалъ ва гьелъул вакилзабаца шагьаралъул гIумруялда тана жиндир хатI, архитектура, гIадатгун гIамал ва гIадамал рихьизарулел гIаламатал.

ХIурият бергьиналде цебесеб заманалъулги, кодоб кIудияб гIарац бугониги рухIияб культура гIадамазухъ букIиналъул памятник гIадин буго хIикматаб архитектураялъул ва берцинлъиялъул Данияловасул къотIноб бугеб Барятинскиясул мина (жакъасеб республикаялъул музеялъул мина), "Дагъистан" гостиница гIадал бакIал.

Советияб заманги, цохIо коцонир тIурал гIадин гIадамал ва нухмалъиги бихьизабулел гIаламатал руго шагьаралда ругел церегосел, киналго цоцада релълъарал минаби, гостиница "Ленинград" ва цогидал бакIал.

ХIабургъарал 90 абилезе памятникаллъун руго бащдаб тротуралда тIаде рачIарал рагъаби, заправкаби, паркалги къотIун рарарал кьер-кьерал тIохал ва магIна гьечIел накъишал.

Гьел гьундузухъа къватIибе бачIунаан цоял гIундул рекарал, цоял къалал кIичIарал, унеб нух, гьабулеб иш жидеда лъачIониги гьадаб жиндир гIаданиб бугеб ахIмакъаб пикруялъе гIолониги хвезе нахъе къаларел чагIи.

Гьез шагьар чIвана, гьезие тарбия щвечIо, амма адаб гьабизе жо гьезулъ ахIмакъаб бугониги хIинкъунгутIигIаги букIана. 2000 абилел соназда политикияб аренаялде бачIана цо цIар лъезе лъалареб агьлу хIелхIелчагIазул.

Я советияб заманалъул инженерасул гIадаб лъай гурел, я 90 абилел соналъулазул гIадаб рухI, таваккал ва бихьинчилъи гурел. Иргадазда къвалалги ран цIа батаралъуре кIкIвелун, кIкIуй батаралъуре гьелун чед-хинкI балагьулеб халкъ. Гьел бакI-бакIазда хъулухъазда руго жакъа, гьеб балагьулелги руго, кандидаталлъунги руго.

Дун хал гьабун вукIана кинабдай памятник гьез жидее лъелеб абун. Щиб лъалкI хутIилеб цIияб, кьер гьечIеб гIелалъул абун. ГIемер кватIичIого раккана гьел.

Араб соналъ кьищни-къул тIамулел ящиказда тIад Обамалгун Порошенкол сурат бахъана, исана гIадамал тIад чIолеб бакIалда Венедиктов, Навальный ва Касьяновасул суратал рахъана. Гьеле гьезул даражаги, гIакълуги, гьунарги, гьеб лъабабго жидер гьечIолъи бихьизабизе лъураб памятниги.

Гьеб рищни-къулаъул ящикалда ва ьак1азда т1ад хъвазе лъик1ан гьеб лъурал х1елх1елчаг1аца: "Дица цо диего паятник бана..." Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG