МагъчIваялъе рес

Ккурав 35 крымтатарав эркенлъуде виччан вуго


Симферополь. Сепаратистаз гьабулеб патруллъи.
Симферополь. Сепаратистаз гьабулеб патруллъи.

Рузман къоялъ Симферополь мухъалъул Пионерское росулъ ккурав 35 крымтатарав эркенлъуде виччан вуго.

«Крым.Реалии» сайталъ адвокат Эмиль Курбединовасул баяналда мугъ чIвай гьабун, лъазабуна, гьел гIадамал щвезарун рукIана Экстремизмалде данде къеркьолеб Централде. Гьезухъа ДНК-ялъул анализ гьаби мурадалда килщазул лъалкIал росун руго.

Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул прокурор Наталья Поклонскаялъ нахъ чIвана 35 крымтатарав кквеялъул хIужа. Гьелъул рагIабазда рекъон гIадлу-низам цIунулез рузман къоялъ сардил клубазда хал-щал гьабулеб букIана наркотиказдалъун мехтарал гIадамал ва миграционияб къануналде данде кколареб къагIидаялъ гьенир гIумру гьабулел чагIи рати мурадалда.

XS
SM
MD
LG