МагъчIваялъе рес

В.Путиница азербайжаназде ва эрменазде аIхи бана сабру бакIариялде


Шамат къоялъ Россиялъул президент Владимир Путиница кIиябго рахъалдехун вуссун кьал ахиралде щвезабиялде ва сабру бакIариялде ахIи бана.

Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуца телефоналъ гара-чIвари гьабуна Эрмениялъул ва Азербайжаналъул министрабигун ва дандбана регионалда ахIвал-хIал рукIалиде ккезабиялъул суал.

ТIаде бачIунеб анкьалъ Европаялда ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул ва Цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул ГIуцIиялъ иргадулаб гуреб данделъи тIобитIизехъин буго Гъарабахалъул конфликталъул эскалациялъул суалгун гьоркьоб.

XS
SM
MD
LG