МагъчIваялъе рес

Нахъеги багъарун буго Гъарабахалъул конфликт


Гъарабахалъул рагъухъабаз бортизабураб Азербайжаналъул дрон
Гъарабахалъул рагъухъабаз бортизабураб Азербайжаналъул дрон

МугIрул Гъарабахалъул зонаялда конфликт багъарун хадуб Азербайжаналъул 12 аскарияв чIван вуго, ян лъазабуна Азербайжаналъул улка цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Гьеб гуребги - кьвагьизабун буго МИ-24 тайпаялъул рагъулаб тирело ва кьвагьизабун буго цо танк. Гьединго абун буго, Азербайжаналъул яргъид гIуцIарал къуватазда кIванин жиндир контролалде гъоркь цо чанго борхалъаби росизе.

Жалго жидедаго чIараблъун лъазабураб МугIрул Гъарабахалъул республикаялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул баяналда рекъон Азербайжаналъул аскарияз гьабураб кьвагьдеялъул хIасилалда цо лъимер чIван бугин. Жиндир иргаялда Азербайжаналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабухъе, эрменаз гьабураб кьвагьдеялъул хIасилалда цо ракълилав инсан чIван вуго.

XS
SM
MD
LG