МагъчIваялъе рес

Туркиялъул Диярбакыралда 7 полициялъулав чIван вуго


Кьвагьи бахъараб бакI
Кьвагьи бахъараб бакI

31 марталда Туркиялъул Диярбакыр шагьаралда бахъараб кьвагьиялъул жавабчилъи тIад босун буго гьениб гьукъараб ва террористикияблъун лъазабураб Курдистаналъул ХIалтIул партиялъ.

Гьеб теракталъул хIасилалда анкьго полициялъулав чIван вуго, жеги 27 чи лъукъана. Жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьана гьенив Туркиялъул премьер-министр АхIмад Давудогълуца сапар бухьизегIан.

Амма гьелда балагьичIого, премьер-министрас жиндирго визит нахъе бахъун гьечIо. ТIоцебесеб апрелалда Диярбакыралда кIалъазе вахъарав гьес абуна «Нилъ хIинкъизаризе лъиданиги кIвеларин». Диярбакыралда аслияб къагIидаялда курдаз гIумру гьабулеб буго.

XS
SM
MD
LG