МагъчIваялъе рес

Кремлалъул пропаганда - крымтатар мацIалъги байбихьана


Сейран Мамбетов
Сейран Мамбетов

Россиялъ аннексия гьабураб Крымалда крымтатар мацIалъ саттелиталъул телеканал хIалтIизе байбихьана. Гьадин лъазабуна «Миллат» абулеб гьеб телеканалалъул генералияв директор Сейран Мамбетовас.

Крымалда хIалтIулеб хIукуматалъул нухмалъулев хисулев Руслан Бальбекица лъазабуна, гьеб телеканалалъул аслияб мурад ва цебе лъураб масъала – Россиялде данде бачунеб пропагандаялде информационияб къеркьей гьаби.

2015 соналда Крымтатаразул хIаракатчагIаз гьеб телеканал рагьиялъе данде чIун, абулеб букIана гьеб бугин Кремлалъул пропагандаялъул алатилан.

Дагьалъ цебе Россиялъул рахъ ккурал бакIалъулал тIадтараз хIукму гьабуна крымтатаразул киналго информалатал къазе.

Америкалъул Цолъарал Штатаз, Евроцолъиялъ, ОБСЕ-ялъ ва Аmnesty International гIуцIиялъ абулеб буго гьеб бугин крымтатаразул ихтияразде ва эркенлъабазде гьабулеб тIадецуялъул иргадулаб галиилан.

XS
SM
MD
LG