МагъчIваялъе рес

Гьереси документал хIалайккун босараб тIалъи


Буйнахъск. Администрациялъул мина
Буйнахъск. Администрациялъул мина

Буйнахъскалъул вукIарав мэр ХIамзатов ХIусеница диваналде гIарза кьун букIана жинца гъоркьгъулбасичIеб жив хъулухъалдаса нахъе уне вугин абун хъвараб гIарзалъул кьучIалда хIалтIудаса живги витIун шагьаралъул цIияв мэрасул рищиял тIоритIизехъин ругин Буйнахъскалъул депутатазул мажлисалъилан.

Гьереси документал хIалайккун босараб тIалъи
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:12 0:00
Интернет-мухъ

Гьеб къануналде данде кколареб иш бугин, гьереси докуметазул кьучIалда гьединал ишал гьаризе бегьуларин хъван букIана гьес. Гьесул гIарзалъе гIоло I6 февралалда тIоритIизе кколел рукIарал Буйнахъскалъул мэрасул рищиялги тIоричIичIого хутIана.

Гьеб ХIамзатовасул гIарзалде данде Буйнахъскалъул администрациялъги гIарз хъван букIана. Диваналда гьезул вакил адвокат Аслан Калаевас лъазабуна ХIусен ХIамзатовас рищиязул комиссиялъул хIалтIи чIезабейилан тIалаб гьаби гьеб къануналде данде кколареб иш бугилан гьеб комиссия хIалтIизе лъугьиналъ ХIамзатовасул кинал рукIаниги ихтиярал хвезарулел гьечIилан.

31 марталда гьеб гIарзалъул халгьабиялда Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ администрациялъул рахъккуна.

Аслан Калаев: «Гьеб комиссия хIалтIизе лъугьиналъ Буйнахъскалдаса гIадамазе рес кьолеб буго мэрасул рищиязде кандидатура лъезе. Шагьаралъул депутатазул мажлисалъ рищиязда гIахьаллъазе бокьаразда гьоркьоб конкурс тIобитIиялъ ва гьеб комиссия гIуцIиялъ ХIамзатовасул кинал рукIаниги ихтиярал хвезарулел гьечIо. Диваналъ халгьабизегIанасеб кьучI бугеб гIарзаго букIинчIо гьеб. Россиялъул къануналъухъ халгьабуни гьенибги якъинго бихьизабун буго гьеб».

Диваналъул гьеб хIукумуялда хIалтIизе байбихьулеб буго кIиго моцIидасан, гьеб мехалъ цIидахъан байбихьизе бегьулила гьеб цебехун бицен гьабураб конкурс тIобитIизе ва комиссия гIуцIизейилан баян гьабуна диванчияс.

Гьединго гьал къоязда Ставрополь шагьаралда хасаб экспертизаялъ чIезабуна ХIамзатов ХIусен жиндиего бокьун хъулухъалдаса нахъе ине вугин абун хъвараб гIарза гьереси документ букIин ва гьелда гъоркь лъураб гъулбас Буйнахъскалъул экс-мэрасул гьечIеблъи. Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе ХIамзатовас диваналде гIарза хъван букIана гьереси документги кьочIое босун эркен гьавунин жив хъулухъалдасайилан.

Гьес лъазабун букIана 18 январалда иргадулаб гуреб шагьаралъул мажлисалъул депутатазул данделъиялда бихьизабураб жив хIалтIудаса ине вугин абун хъвараб гIарза гьереси документ бугилан. Гьебги кьочIое босун Буйнахъскалъул бетIерасул ишал тIуралевлъун ГIамиров Закаря тейги гьебго гIарзалъул кьучIчIалда цIидахъан шагьаралъул мэрасул рищиял тIоритIизехъин рукIин гьебги къанун хвезаби кколилан.

2016 соналъул 12 январалда хъулухъалдаса нахъе ине гIарза хъван бугин ХIамзатовасин лъазабуна шагьаралъул мажлисалъул депутатаз. Нахъисеб къоялъго гьеб документ гьересияб бугин гьес гьеб гIарза хъвачIилан лъазабун букIана ХIамзатовасул рахъкколез.

ХIамзатовасул гIарзалъул халгьабиялда гьез тIалаб гьабун букIана гьеб документ гьересияб бугищ гьечIищали чIезабизе экспертиза тIобитIейилан. Экспертазде тIадецуй гьабичIого букIине гьеб республика тун къватIиб тIобитIизе кколинги лъазабун букIана гьез. Буйнахъскалъул цIех-рехалъул идараялъ ва прокуратураялъ тIоритIарал экспертизабаз бихьизабун буго гьеб гьеб гIарзаялда гъоркь гъулбас ХIамзатовас лъун букIанилан.

Гьереси документги хIалае ккун Буйнахъскалъул тIалъиялде вачIарав Амиров Закарьяе гурониги гьеб ишалъе гIоло Дагъистаналъул тIалъиялъул репутациялдаги кIудияб кьаби щвезабунин абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Буйнахъскалдаса «Черновик» газеталъул журналист МухIамадов МухIамадица.

МухIамадов МухIамад: «ГIамиров Закарья шагьаралъул мэрлъун хутIиялда щаклъи буго щай гурелъул экспертизаялъ бихьизабуна ХIусен ХIамзатов хIалтIудаса ине вугин абун хъвараб гIарза гьересияб букIин.

Диван экспертизаялъул хIасилазда тIадрекъани ва экспертасул баян гIураб далил бугин рикIкIани, шагьаралъул мажлисалъул депутатаз ХIамзатов нахъе анинги абун гьесул бакIалде цойгидав чи вищи гьеб къануналде данде кколареб иш букIин чIезабизе ккола диваналъ. Гьеб мехалда гьеб гьереси документ лъицIа хIадурарабали цIех-рехалъул идарабаз чIезабизе ккола.

ГIамиров нухмалъуда вугев мехалда баккидал гьеб гIарза, гьединлъидал хасал идарабазул бищун цере гьесдехун рукIине руго суалал. Гьеб ишалъе гIоло ГIамировасул сиясатияб къуват саламатго дагьлъизеги буго. ЦохIо гьесул гурониги сиясатияб къуватги, репутациялда кьабиги щвезе буго республикаялъул тIалъиялъеги, щай гурелъул гьез тIамурав чилъидал ГIамиров гьеб бакIалде».

Экспертас гьединго баян гьабуна гьеб гьереси документги, ГIамиров Закарьял квербакъиялдалъун гьеб иш гьабун букIинги Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаниде дандебуссинабизе бегьулила гьесул тушбабазилан.

XS
SM
MD
LG