МагъчIваялъе рес

Петербургалъул диваналъ къотIи гьабуна "ХIизб ут-Тахриралъул" 2 гIахьалчиясе


"ХIизб ут-Тахриралъул" байрахъ
"ХIизб ут-Тахриралъул" байрахъ

Санкт-Петербургалъул диваналъ хамиз къоялъ хIукму гьабуна "ХIизб ут-Тахрир" абулеб Россиялда гьукъараб ва террористикияблъун лъазабураб гIуцIиялда хурхен букIиналда гIайибиявлъун рикIкIарав Роман Иванов 13 сонгун ункъго моцIалъ жаниве тIамизе.

Гьебго гIайиб бугев Сергей Яблоковги жаниве тIамизе вуго 12 бащадгун соналъ. ЦIех-рехчагIазул версиялда рекъон гьел гIадамаз балъгоял данделъаби гIуцIулаан ва диниялгун политикиял суалал дандралаан.

XS
SM
MD
LG