МагъчIваялъе рес

Козак разияв гьечIо "Бильд" журналалъул макъалаялдаса


Дмитрий Козак
Дмитрий Козак

Россиялъул вице-премьер Дмитрий Козакица нахъ чIвана жинда бараб лъазаби – Донецкалъул ва Луганскалъул халкъиялилан сепаратистаз лъазарурал республикабазе балъгояб нухмалъи гьабиялда жиндир кинабгIаги хурхен гьечIин абун. Гьадинаб лъазаби загьирабуна Германиялъул «Бильд» абураб журналалъ. Гьелда рекъон рехсарал регионазе балъгояб къагIидаялда Москваялъ тIалъи гьабулеб буго.

«Дождь» телеканалалъе интервью кьолаго, Козакица абуна Россиялъул хIукуматалъул официалияб сайталда вице-премьерасул киналго ихтиярал рехсон ругин. Амма доба рагIицин гьечIин къватIисел улкабазда ругел регионазе вице-премьерасе кьураб ихтияралъул хIакъалъулъ.

«Бильд» абулеб журналалда загьирарун руго журналистаз гьабураб цIех-рехалъул хIасилал.

Масала бачунеб буго Пачалихъияб Думаялъул данделъиялъул протокол. Ва гьеб протоколалда абун буго жалго жидецаго Халкъиял республикабилъун лъазарурал Донецкалъул ва Луганскалъул сепаратистазул гIуцIабазе Россиялъул щуго министрас гьабулеб бугин. Гьеб сияхIалда рехсон буго Дмитрий Козакил цIарги.

XS
SM
MD
LG