МагъчIваялъе рес

Мигрантазул суалгун гьоркьоб форум рагьана Женеваялда


Форум рагьана Бан Ги Муница, Цолъарал Миллатазул ГIуцIтялъул Генералияв секретарь.
Форум рагьана Бан Ги Муница, Цолъарал Миллатазул ГIуцIтялъул Генералияв секретарь.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Муница киналго улкабазде ахIи бана мигрантазул проблема цадахъ рекъон тIубазабиялде. ТуIурун чIаразул суалгун гьоркьоб Женеваялда рагьараб халкъаздагьоркьосеб конференциялда Бан Ги Муница абуна 2018 сон щвелалде Сириялдаса лъутарав щунусарзаргогIан чиясе гIумру гьабизе бакI кьезе кколин.

Женеваялъул форум унеб буго тIурун чIаразул суалазул рахъалъан Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб идараялъул жигаралдалъун. Гъобго суалгун гьоркьоб февраль моцIалда Лондоналда букIараб конференциялда дунялалъул чIахIиял пачалихъаз рагIи кьуна 11 миллард доллар биччазе гьеб инсаниятлъиялъул кризис рагIалде бахъинабизе гIоло.

Сириялда щуго соналъ халат бахъунеб рагъул хIасилалда кIинусиялда кIикъоялда анцIазаргогIан чи чIван вуго. Щуго миллион чияс рукъзал тун къватIивехун лъутана.

XS
SM
MD
LG