МагъчIваялъе рес

Сордо-къоялда жаниб лъабго кьвагьи ккана Дагъистаналда


30 марталъул радал Табасаран мухъалъул Сиртыч росдада аскIоб автомобиль кьвагьизабулн буго. Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул баяназда рекъон Сулейман-Стал мухъалдаса бачIунеб шаклъи ккараб автомобилалда хадур халккун рукIун руго полициялъулал.

Цо санагIалъи бугеб гIадаб бакIалде щвараб мехалда гьеб автомобильги чIезабун низамцIунулез гьенир жанир рекIаразда документал рихьизарейилан лъазабун хадуб гьез жидерго автомобиль кьвагьизабунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбеков Расулица.

Темирбеков Расул: «Ахирисел баяназда рекъон гьеб кьвагьиялъул хIасилалда цо полициялъулав чIван вуго, цояв захIматго лъукъун вуго. Гьаб сагIат азарханаялде щвезавун вуго гьев, амма цIакъ захIматаб хIалалада вугин лъазабулеб буго тохтурзабаз.

Гьеб кьвагьи Сиртыч росдада цебесан унеб нухда ккана, аскIоса-гIебеде рукъзалги рукIун гьечIо гьенир, гьединлъидал лъиениги зарал ккун гьечIо тIокIаб.

МухIканго кигIан къуваталъул кьвагьулеб алат гьеб автомобилалъуб букIарабали жеги чIезабун гьечIо. Амма нижер экспертаз абулеб буго дагьалдасан гьениб килограммниги тротилалъул букIун бугилан, щай гурелъул кьвагьиялъул кутакалъ гьеб автомобилаъул маркагицин чIезабун бажарулеб гьечIо.

Гьелъур щал рекIун рукIарали киб гурин, чан чи гьезул вукIаравали чIезабун бажарулеб хIал гьечIо гьабсагIат, кинабго щущазабун буго».

Гьеб кьвагьи ккелалда цебе талат къоялъул сардилъ Каспийскалдаги МахIачхъалаялдаги гьоркьоб нухазда гIадлубукIинабулеб полициялъул колонна кьвагьизабуна. Гьелъул хIасилалда цо низам цIунулев чIвана, кIигояв лъукъун вуго.

Полициялъул цо посталдаса цойгидаб посталде ине рукIарал гьезул нухда лъун рукIун руго кьвагьулел жал, цIакъго къуватал алатал рукIун ругин гьел, амма полициялъулазул автомобилал цоцадаса батIа тIун рачIине рукIиналъ кIиго автомобиль гурони кьвагьун гьечIин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъаз.

Гьезул баяназда рекъон полициялъул автоколонна кидаго цоцада цунгIадин ине букIунелъул, гIемерчиясе зарал гьабизе гIадин хIадурун рукIун руго гьел кьвагьулел жал. Гьаб нухалда цо автомобилал цере ун, цойгидал нахъхутIун гьезда бакьулъ букIараб «УРАЛ» ва «УАЗ» автомобилазе гурони зарал ккун гьечIо.

Гьеб кьвагьиялъул хIасилалда чIварал ва лъукъарал киналго полициялъулал Красноярскалдаса Дагъистаналде заманалъ хIалтIизе ритIун рачIарал рукIун руго.

Гьеб кьвагьи Шималияб Кавказалда бугеб жидер бутIаялъул вакилзабаз гьабунин абун гьеб такъсир жидедего тIаде босана Россиялда гьукъараб ДАГIШ экстремистияб идараялъ. Ахирисеб бащадаб лъагIалида жаниб Дагъистаналда ккарал такъсиразул гьез тIаде босараб ункъабилеб такъсир ккола гьеб автоколонна кьвагьизаби.

15 февралалда Джемикент росдада аскIоб полициялъул посталда цебе автомобиль кьвагьизабиги, 30 декабралда Дербенталда Нарын-хъалаялде рачIарал туристазде кьвагьдейги гьез жидедего тIаде босун букIана.

Гьединго 2 сентябралда МухIарамкент мухъалда полицилъулазде тIадекIанцIи гьабунила жидецайиланги лъазабун букIана гьез, амма гьединаб такъсир ккеялъул хIакъалъулъ информация я бакIалъул гIадамаз я низам цIунулез тадсикъ гьабичIо.

Исана соналда жаниб низам цIунулезде гьабураб анлъабилеб тIадекIанцIи буго гьеб.

Дагьал церегIан къояз Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул данделъиялда республикаялъул жанисел ишазул министр МухIамадов ГIабдурашидица лъазабуна цересел саназго гIадин исанаги Дагъистан бищунго гIемер террористиял ишал кколеб регионлъун бугила Россиялдайилан.

Гьес сессиялда 2015 соналда полициялъ гьабураб хIалтIул хIисаб кьолаго абуна лъагIалида жаниб Дагъистаналда 42 терроризмалде дандечIараб низам лъазабун букIанилан. 103 изну гьечIого яргъидгIуцIаралги чIван руго, гьезда гьоркьор Имарат Кавказалъул бетIер ГIалиасхIаб Кебековги гьев хисарав Сулейманов МухIамадги руго, лъабго экстремистияб къокъа тIубан тIагIинабун буго. 543 чи ккун вуго.

Шималияб Кавказалдаго бищун гIемер Сириялда ДАГIШалъул кьерулъе рагъизе аразул къадарги дагъистаниязул буго, гьединазул 912 чи цIех-рехалде лъазавун вуго.

XS
SM
MD
LG