МагъчIваялъе рес

«Премиязе» кьураб 800 миллионги, щущараб коммуналияб магIишатги


Гьал къоязда Россиялъул бетIерав прокурор Юрий Чайкаца лъазабуна 2015 соналда жаниб Россиялъул бакIал раялъул ва рукIа-рахъиналъул хъулухъазул сисмемаялъул вакилзабаз анлъго миллиардгун бащадаб бикъун бугилан.

Интернет-мухъ

Гьеб бикъараб гIарцуде гьоркьобе цохIо пачалихъалъул бюджеталъул гIарац гурониги ккун буго. ЦIикIкIунисеб бутIа кколеб буго гIадатиял гIадамахъа рукIа-рахъиналъул хъулухъаздаса пайда босаралъухъ букIине кколелдасаги тIаде босараб гIарац.

Гьеб гIарцуда гьоркьоса 800 миллион бикъун буго Дагъистаналъул бакIалраялъул ва рукIа-рахъиналъул хъулухъазул министерлъиялъул тIалъиялъ. Юрий Чайкал рагIабазда рекъон гьеб бикъараб гIарцул бищун кIудияб бутIа республикаялъул гьеб цебехун бицен гьабураб министерлъияллъул тIалъиялъе лъикIаб хIалтIул хIасилазухъ харжиде тIаде кьун бугo (премия).

Гьеб гIарац бикъиялда хурхун жеги такъсиргьабиялъу иш рагьун гьечIила, гьеб ишалда сверун жеги цIех-рех унеб бугин лъазабулеб буго улкаялъул бетIераб прокуратураялъ. Дагъистаналъул бакIалраялъул ва рукIа-рахъиназул хъулухъалъул министерлъиялъ прокурорас абуралда тIасан жеги кинаб букIаниги баянги кьолеб гьечIо.

Гьезул пресс-хъулухъалъул вакилас «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна ахираб заманалда чанго министрги хисун, жидер идараялда гьаб сагIат цоцалъабахъизе кIолареб ахIвал-хIал бугила, гьенир гьоркьоса къотIичIого халгьабиялги унел ругилан.

Экспертаз Россиялда бищунго коррупция гъорлъ цIикIкIарал системабазул сияхIалда цебесеб бакIалда рехсола гьеб бакIалраялъул ва рукIа-рахъиналъул хъулухъазул системаги. Хасго Дагъистаналд гьеб цIакъго тIибитIун бугин. Ток ва газ бикъиялъул рахъалъги цебесеб кьерда бугин республикайилан лъазабулеб буго гьез.

ГIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе гьезие санагIалъиялъе хIалтIизе кколел гьел идарабаз чанги нухалда гьезие кIудияб зарал гьабулеб буго. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон бищун гIемер гьеб коммуналияб магIишаталъул системаялъ бикъулеб буго гIемертIалаял минаби капиталиял хIалалъ къачIазе биччараб гIарац. 2014 ва 2015 саназда жаниб Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ анлъго такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана гьеб минаби къачIазе биччараб гIарац бикъиялда хурхун.

Гьеб капиталияб ремонт гьабиялъе хIажалъулел харжазул цо бутIа гьел минабахъ гIумру гьарун ругел гIадамахъаги бакIаризе хIукму гьабун буго Россиялъул гьел минаби къачIаялъул фондалъ. Амма гьеб гIарац кьезе разилъулел гьечIо гIемерисел Дагъистаниял.

Чанго соналдасан гурони жидер мина къачIазе ирга щолеб гьечIила, гьеб мехалдалъагIан чанги жо букIине бегьулила, гьеб жидехъа бакIарараб гIарац тIадтараз цойгидаб пачалихъалъул гIарац бикъарабго гIадин бикъизе бегьулин абулеб буго гIадамаз. Гьебго пикру буго МахIачхъалаялда ХIажиевасул къотIноб 154 минаялъур гIумру гьабун ругезулги.

Диваналдеги ахIун жидехъа гьеб гIарац бахъизейилан коммуналиял хъулухъазул хIалтIухъаби лъугьани жидеца гьеб программаялдаса инкарги гьабун жидецаго къачIалила минайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьений гIумру гьабун йигей Лидия Савельевалъ.

Лидия Савельева: «Капиталияб ремонт гьабизейилан нижехъа бакIарулеб 273 гъурущ гIадада кибе унеб бугебали лъачIого гьородахъ биччазе ккей дие цIакъ захIматаб иш буго. Дица гьаб миналъуб 43 сон бана, гьебщинаб заманалда пачалихъалъ лъабго нухалда къачIан батила гьаб, гьебгицин тIаса-масаго. ХутIанщинаб жо гIадамаз жидецаго гьабун букIана. Гьеб капиталияб ремоналъул фондги гIуцIун гьелъул хIалтIиялъул бицун гIарац кьезе кколин гьенибейилан абун нижеде аскIоре гIадамал рачIун хадун нижеца абун букIана цохIо тIох хисейин минаялъул, тIокIаб жо гьабичIониги кIваричIилан.

Анкьго-микьго сон ана гьелдаса нахъе гьелъулги хIасилго ккечIо. НуцIагIан жо нижер минаялъуб гьезги хисичIо. Гьанже гIемер тIаде хьвадун гIарац кьейилан, кьечIони диваналде гIарза хъвазе бугин нужеданилан абун гьезул чагIаз бетIер сверизабизе байбихьараб мехалда минаялъур ругелщинал чагIиги данделъун нижеца хIукму гьабуна гьеб программаялда гъорлъа нижер мина нахъе бахъейилан тIалаб гьабизе ва лъикIилан ккараб хIалалъ гьеб нижецаго къачIазе.

Гьелъие хIукуматалъ биччараб гIарцул бутIаги тIалаб гьабизе. Гурони гьабилеб гьабилареб лъалареб гьеб ремонталъе гIарац кьезе регIун гьечIо ниж. Жидедаго тIадаб хIалтIи гьабизе гьел гIедегIуларо, амма гIарац бакIаризе документал росун рачIине рекерула».

Дагъистаналда бищунго кIудиязул цояблъун кколеб бакIал ралеб «Столица» фирмаялъул юрист ва консультант МухIамадов Камилица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна гьеб коммуналиял хъулухъазул системаялда бугеб коррупциялъ гIадатиял гIадамазе чанго азарго гъурщил зарал гьабулеб батани, жидер гIадал фирмабазе миллионазул зарал гьабулилан.

Ришват кьечIого цIирарал минабахъе коммуникациял рачине риччаларин лъугьунила гьел, гьелги диваналде кьун гьеб иш рагIалде бахъинегIан чанги заман унила, ричичIого жидер рукъзалги хIутIулила, гIемераб гIарацги гьоркьоб унилан.

Камилил пикруялда рекъон гьеб системаялда бугеб коррупция лъугIизе ккани ва гьел лъикI хIалтIизе ккани пачалихъалъ хасал компаниязухъе кьезе ккола гьеб иш. Чанго компания бугони, гьезда гьоркьоб конкуренцияги букIунила, гIадамазе гьелдасан цIикIкIун пайдаги букIине бугилан. Гурони улкаялъу монополия гьеб коммуналиял хъулухъазул системаялда бугебгIан мехалъ гьениса гIарац бикъи лъугIизе гьечIилан.

XS
SM
MD
LG