МагъчIваялъе рес

Дун бегьиларищ эв Ленин къачIазе?


Марталъул ахиралда госзакупки сайталда баккана МахIачхъалаялъул ЖКХаялъул нухмалъиялъ лъураб лот - тахшагьаралъул къватIал, сквералгун, бульварал ва памятникал къачIаялъе цо хъулухъ гьабулеб идараялъехъе кьезе бугин абураб лъазаби.

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:41 0:00
Интернет-мухъ

Гьелъие бихьизабун буго 121 миллионгун 658 680 гъурущ гIурус гIарцул. Гьелдаса 90 процент кьезе буго республикаялъул бюджеталъ, 10 процент - МахIачхъалаялъ. Гьеб хIалтIул болжалалги лъугIизе ккола 2016 абилеб соналъул декабралъул ахиралда, ай исанаго.

ЦIаларав чияс хIисаб гьабила гьаниб щибниги гIажаибаб жо гьечIин, администрациялъ ва республикаялъул хIукуматалъ гIарацги харж гьабун шагьар къачIалеб бугин, гьелъие бихьизабураб гIарацги бугин.

Гьеб лоталда батIи-батIиял ишазде бикьараб гIарцул къадаралъухъ ва гIага-шагарго гьабизе бугеб жоялъухъ ралагьарабго бихьулеб буго щиб гьелда нахъа букIине рес бугебали. Масала, шагьаралъул гъутIби кIуризе бихьизабун буго 3 миллионгун 97 азаралда 739 азарго гъурущ. ГъутIби кIуризе, гьелги МахIачхъалаялда. Нужеда цебе тIамизе кIолищ, сундуе гьеб гIарац харж гьабизе бугебали? КIуризе гъутIбийищ анир хутIун ругел? Гьаб кIудияб, миллионалде гIагарараб халкъ бугеб шагьаралъул лъабго гурони парк гьечIо.

Ругездаги гъутIбигун гIурччинлъи дагьаб букIиналда бан гьедигIан гIорхъолъа араб хIалалда тун гьечIо. РачIаха цере тIамизегьабизе бугеб жо. Гьеб тендер бергьараб фирмаялъул чияс гъутIби кIуризе кквезе виччайха 50-100 хIалтIухъан. Кьезе биччан теха гьезие къойие 1000 гъурущалдаса 5000 гъурущалде щун гIарац. Киб кьолеб гъветI кIуриялъухъ 5000 гъурущ?

Гьедин кьуниги унеб буго 500 азарго гъурущ. ХутIараб 2 милионгун бащдалда щиб гьабилеб? Гьаб гIарац хIакъикъияб базаралда гIадамаз гьарулел хъулухъазул багьаялда харж гьабуни гъутIби кIуризе гуреб цойги лъабго гьединаб парк чIезе гIола. "Уход за кустарниками и роз" абураб хъулухъалъухъ бихьизабун буго 2 миллионалдасаги цIикIкIун гIарац.

Дида лъалел Родопалъул булваралда буго цо сотыхалда розаби, кигIан ургъаниги тIокIаб гьел кIиго миллионалде "хъулухъ гьабизе" кколел розаби рихьулел гьечIо. "Уход за газонами" абураб жоялъе бихьизабун буго 7 миллионалде гIагарун гIарац.

Шагьаралъул нухазда ругел гвендал къачIазе 70 миллион. Чан гвенд букIине кколеб ва кин гьениб харж гьабилеб 70 миллион? Бищунго тату холеб хIал буго МахIачхъалаялъул аслияб майданалда бугеб Ленинил памятник тIаса бацIцIине бихьизабураб 614 азаралда 608 гъурущ гIарцуца. Ленинил г1иц1гояб мазгарул ботIрода чIорто, ялъуни щетка бахун кин унеб бащдаб миллионалдасаги цIикIкIун гIарац?

Жеги нилъ рукIуна щайила гъоз "цо къаркъалаялъе къого дубленкаги", лъагIалида жанир жаниве цониги нухалъ щоларел рукъзалги, рехьед автомашинабазулгун жавгьар-якъуталъул гъансалги цIолел абун? Кинила гъозие гьедигIан гIарац щолеб? Гьеле гьадинха, Ленинил бетIералда нах бахъиялъухъ 600 азарго бихьизабун.

Гьаб буго кризисалда бугеб, бищунго мукъсанаб бюджеталъул, бищунго дагьаб гIарцуца гьарулел хъулухъал. Гьанже нужеца хIисаб гьабе, щиб хIалдай букIараб гIарац гIунги тIокI бугел соназда? Жакъа гIадин интернетги, рагьараб, гIадамаз хъаравуллъи гьабизе кIолеб госзакупки сайтги гьечIеб мехалда?

Гьал мисалаца нилъеда нахъойги бихьизабулеб буго пачалихъ бугебщинаб бакIалда коррупцияги, цIогьги, цIикIкIарал харжал гьаригун исрапчилъиги, ришваталги, гъоркьан - ратIа, тIасан - бох хIалтIулеб "гIелмуги" букIин.

Хасго гьелда хадуб жамгIияталъул, халкъалъул хъаравуллъи гьечIони. Гьаб макъала цIаларав щивасде гIагарун чиновникас абизе буго дица гIадалал жал хъвалел ругин, гьенир "непредвиденные расходы" абурал цо хIикматал жал рукIунин. Гьединаб цIар лъун буго гьез хъизаналъе бриллиантал росизе тIокI гьабулеб гIарцуда.

"БатIаго дун щай бегьиларев эв Ленин къачIазе" - ян читIир букIуна гьеб хъулухъ гьабизе бокьаразул конторазул кIалтIа тендер гьарун. Амма гIадатияв чи къотIносаги вачун дуе харж гьабизе 600 азарго гъурущ кьуни гьадав Ленинида щиб гьабизе кIолебин гьикъани, гьесда лъаларо щиб жаваб кьелебали.

Гьес хIисаб гьабила - гьадав Ленин чуриялъухъ, вацIцIиналъухъ, гьесда тIад лажбар бахъиялъухъ ва цогидал жалазухъ дие цо анлъазаргониги гьагъав чияс кьуни, вохуца холаго инаанха дун, кьуралда щукруги, щваралда реццги гьабун абун.

Амма гьев чияс хIалтIухъан гьеб анлъазаргоялдаса дагьавги гъоркье рещтIизавун, хутIараб 595 азаргоги михъикье бачун вачIуна лента къотIизе. Рамазан ХIажимурадовичасул, Владимир Владимировичасул кумекалдалъун кинабалиго курсалъул рахъги ккун къачIанин жинца Ленин абураб докладги босун. ГIадамаца гьединал чагIазда абула "иш лъалев чи вуго, жиндиеги г1адамазеги гьабизе лъалев чи вуго, квер гIатIидав чи вуго" - ян.

Мажгиталъе гьес лъим бачине турбаби кьун рукIанин. Гьединаб буго хIакъикъат, амма гьедин ккечIого букIине хIажат буго гражданазул жамгIият, хъаравуллъи кквезе буго щибаб капекалда хадуб щиб элъул ккелищали. Бащдаб миллионалде лажбар бахъарав Ленинги, 3 миллионалде кIурарал гъутIбиги, кIиго миллионалде лъалъарал розабиги кинал жалдай рукIунищали ралагьизинха. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG