МагъчIваялъе рес

Немцовасул ясалъе Америкалъул премия щвана


Жанна Немцова
Жанна Немцова

Россиялъул чIварав политик Борис Немцовасул яс Жанна мустахIикълъана Америкалъул Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарасул International Women of Courage абулеб санайил премиялъе.

Россиялда Америкалъул илчи Джон Теффтица лъазабуна, Немцова Жанналъе гьеб премия кьун бугин таваккаллъиялъухъ ва бахIарчилъиялъухъ.

XS
SM
MD
LG