МагъчIваялъе рес

Мисиралъул авиалайнер гъоркьлъалие восарав ккун вуго


Кипр. Гъоркьлъалие росарал пассажирал эркен гьарун руго
Кипр. Гъоркьлъалие росарал пассажирал эркен гьарун руго

Кипралъул Латакия шагьаралъул аэропорталда ккун вуго Мисиралъул боржаро гъоркьлъалие восарав чи. Гьадин лъазабуна Кипралъул тIадтараз. Гьесда цIар Сейф-Элдин МустIапа. Гьев кколин Александрия университеталъул мугIалимилан.

Кипралъул прессалъ лъазабухъе, гьес тIалаб гьабулеб букIанин Мисиралда жанир тIамурал руччаби эркен гьари ва Евроцолъиялъул вакилзабигун дандчIвазе жиндие рес кьей.

Гьелда цебе Кипралъул тIадтараз абулеб букIана, гьесул лъади Кипралда йигин ва гьес гьарулеб букIанин Кипралда гьелдаго цадахъ гIумру гьабизе жиндие рес кьейилан.

Талат къоялъ Александриялдаса Каиралде боржун унеб букIараб авиалайнералъул воржарухъанас лъазабун букIана 81 пассажиразда гъорлъ терррорист вугин, ва гьес абулеб бугин жинца боржаро кьвагьизабизе бугин Кипралда гьеб рештIинабизе гьечIони.

XS
SM
MD
LG