МагъчIваялъе рес

Украиналъул Рада разилъана генералияв прокурор хъулухъалдаса эркен гьавиялде


Виктор Шокин
Виктор Шокин

Украиналъул ТIадегIанаб Рада талат къоялъ разилъана Украиналъул Генералияв прокурорасул хъулухъалдаса Виктор Шокин махIрум гьавизе.

Гьеб хIукмуялъе гIоло жидерго гьаркьал кьуна 289 депутатас. Февраль моцIалда Украиналъул президент Петр Порошенкоца Виктор Шокинасдаса тIалаб гьабуна хъулухъ тей.

Шокин гьеб хъулухъалда вукIаго гьесде гIемерал гIайибал гIунтIизабулаан, коррупциялда ва рищватчилъиялда хурхарал. Гьеб губеги, Виктор Шокиница реформаби тIоритIиялъе квалквал гьабулеб букIана ян рагIулеб букIана.

XS
SM
MD
LG