МагъчIваялъе рес

Унтарал лъимал ва политикиял хIаязул хIаракатчагIи


Итни къоялъул бакъанида Россиялъул телевидениялъул тIоцебесеб каналалъ бихьизабураб Андрей Малаховасул "Пусть говорят" абураб телепередачаялъухъ балагьизе хIадурлъун букIана тIубараб Дагъистан абуни мекъи букIинаро.

Унтарал лъимал ва политикиял хIаязул хIаракатчагIи
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:50 0:00
Интернет-мухъ

Лъалеб букIахъе дагьаб цебегIан МахIачхъалаялъул унтарал лъималазул "Забота" абураб интернаталда ругел шартIазул хIакъалъулъ РГВК телеканалалдаса президентасул вакил ГIалибег ГIалиевас бихьизабураб сюжеталъ гIемераб хъуй гьабуна республикаялда. Гьелъул нижеца бицун букIана цебехун.

Гьеб ахIи-хъуй цохIо Дагъистаналда хIебтIичIого улкаялъул даражаялде бахана. Хасго гьеб машгьурлъана интернеталдаса, социалиял гьиназдаса гьеб передачаялъухъ ралагье, гьенир гIемерал "балъголъаби" рагьизе руго, гьанже лъала республикаялъул нухмалъуда щал чагIи ругелали абурал хитIабаз. Лъицаниги бахчулеб букIинчIо, роликги бачIун букIана Малаховасул передачаялда ГIабдулатIиповасул политикияв оппонент, думаялъул депутат Ризван Къурбанов вугин.

Жакъасеб власть рихаралщинал ралагьун чIун рукIана итникъоялъул къаси Ризваница эфиралдаса бугеб хIакъикъатги рагьун, телевизоралъухъ валагьарав В.Путиница ГIабдулатIипов хъулухъалдаса витIилин. Щибха гьениб ккараб?

ЯчIана цеехун ГIалибегил передачаялда паркъарай чIужу, "Забота" интернаталъул директор Зарипат ГIумаханова гьение. ТIаде балагьун бихьулеб буго гьей цIакъ гIемерал комиссиялги, чиновникалги, телекамерабиги рихьарай гIадан йикIин. Инсул рокъой тахида гIадин гIодой кIусана гьей Малаховасда цее. Цо-цо мехалда кколаан Малахов гьелъухъе гьоболлъухъ вачIун вугин.

Ягъа-якари, юссингун свери, жавабал рукIана цIакъ мухIканал, тIаса гIайиб хъуштIулел. Малаховасда бичIчIана жиндир гьиналъ кколеб ччугIа гьей гурейлъи. Гьебго бичIчIана студиялда вукIарав Ризван Къурбановасдаги. Гьес рагIи кьураб сагIаталъ жив вачIараб мехалда интернаталда квеш батун букIинчIин тIаса хъуштIизабуна суал. Лъидаха гьеб бичIчIичIеб?

Гьеб бичIчIичIо, яги бичIчIаниги сценариялда рекъон хIазе ккана церехун гIарзагун ГIалибегихъе рачIарал унтарал гIолохъаби. Гьезул рахъ кквезе ккун рукIарал адвокатаз ва чанго мугьазухъ ахIтезе тIамурал волонтераз. Гьезул рукIинчIо далилал, хIужаби, бугеб жо гIенеккаразухъе щвезабизе махщел. Щибха бихьизабураб гьез?

Бихьизабуна хIамамалъур чвердезеян цо бакIалда жанир цоял гIодор чIарал, цоял рахъун чIарал интернаталъул лъимал. ГIайиб чIезабулез абулеб буго гьениб гIодоб бакIги цIорораб бугин, лъималги радал сагIат щугоялда рахъизеги гьарун жанире гъун ругин, гьел цIорораб лъеца чвердазариялъе далил бугин гьаб абун.

Гьаниб бачIунеб буго чанго суал. Кин чIезабизе кIолеб 5 секундалъул видеоялдалъун, яги сураталдалъун гIодоб чIабарги, гьел чвердезарулеб лъимги цIорораб букIин? Кин бичIчIилеб сураталдалъун гьениб заман радал сагIат щугоялда букIин?

Бугониги абулеб жоялъул магIна, мантIикъ, баян хIажалъула. Щиб гьабизе гьел лъимал макьуги хвезабун щугоялда рахъизарилел? Гьезие квешезеги гьабулеб батани гьелдаса щиб пайда директоралъе ва воспитателазе бугеб?

Жалги рахъизе кколелъул макьуги тун. Лъимал толо-хIочорал ругила, толон гурони чухъаги бухари тIагъурги лъунищ ал хIамамалда рукIинел? ХIасил калам, цояб цоялдаса ахIмакъал гIайибал, гIадан хадуб гъолареб чIанда цIалкIана гьениб унатаразул рахъалдаса.

Дие бокьилаан цIалдолесда дун гьанив директор цIунулев чилъун къабул гьавунгутIизе. Аллагьас цIунайги гьединаб ролалдаса. Дида гьей гIадан лъаларо. Амма тIаде балагьун бихьаралдаса якъинлъулеб буго гьей гIадан гIадатияй директор гьечIейлъиги, бигьа-бигьаго гьелда гIайиб чIезабизе кIолареблъиги. ЦохIо гьеб шартIги гIезе ккола гьей мустахIикъаб хIалхьиялде йитIиялъе.

Лъалеб букIахъе интернаталда кIудияб гIарацги биччалеб буго. Гьелда нахъа гIадатиял гурел гIадамалги ратун руго. Гьединлъидал щивав гьаб темаялда ахIтIолев бахIарчиясда лъазе лъикIан цо хIакъикъат. Гьеб къого соналъ нужеца абулел шартIазда букIараб интернаталда бугеб ахIвал-хIал лъазабуна киназго какулев Рамазан ГIабдулатIиповасул нухмалъиялъул къагIидаялъ.

Гьесул вакил ГIалибег ГIалиевас. Гьев гуревани интернаталъул балъголъаби ва гьениб ругел "хIикматал" жеги гьебго хъизамалъ гIелалъ гIелалъухъе кьолел хутIилаан анцI-анцI сонаца. Малаховасул передачаялъ щибниги цIияб жо рагьичIо. Нилъеда бичIчIана гьеб къеркьеялъулъ политикиял хIаязул хIаракатчагIи къураллъи. Гьеб къварегIунги букIана.

Биччанте щивав чиясда халкъалъул гIузраби рищиязда цере гурел щибаб бакъул къоялъ рихьизе ва рагIизе. Хьул буго "Забота" интернаталъул цIияб нухмалъиялъ Аллагьасда ва гIадамада цебе бацIцIадаб, иман адабалъул нухдаса таричIеб хIалтIи гьабилин. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG