МагъчIваялъе рес

Теракт гьабуразе тIаса лъугьин гьечIин абулеб буго депутатаз


Интернет-мухъ

Юристаз абулеб буго гьединаб къанун къабул гьабизе рес гьечIин Россиялда, амма къануналъул проекталъул гьез рахъкколеб буго. Кинаб пикру бугеб гьелда тIасан цогидал гIадамазул?

Чи чIвазе къотIиялда тIасан къануналъул проект хIадур гьабурал, Справедливая Россия партиялъул цевехъан Сергей Мироновасги гьесул пикруцоязги абулеб буго терроралъулаб хIаракатчилъиялъул суал цIакъго квешаб бакIалде бачIун бугин, гьединлъидал терроралъулаб такъсир гьабурав чиясе бищун мустIахIикъаб тамихI цо бугин, гьев чIвазе къотIи.

«Хвалде унел» абун цIар лъурал такъсирчагIазе гьеб къануналъ асар гьабичIого букIине бегьулин абулеб буго депутатаз, амма гьезие квербакъулел чагIи ургъизе тIамизе бегьулин гьелъ.

Лъалеб букIахъе Россиялда 1999 соналдаса нахъе мораторий лъазабун буго, чи чIвазе хIукму къотIунгутIиялъул. Гьеб гуребги Евроцолъиялъулгун нилъеца гьабураб къотIиги бугин, гьеб къотIи биххун гурони гьединаб къанун Россиялда хIалтIизе рес гьечIин абулеб буго юрист Шагьрудинил МухIамадица.

Амма жинцаго гьес гьеб къануналъул проекталъул рахъкколеб буго, гьелдалъун рес бугила бакIаб терроралъулаб такъсир гьабурал чагIи туснахъалда хьихьаралъухъ пачалихъалъ гьезда тIад харж гьабулеб гIарац тIокI гьабизейин абулеб буго юристас.

Шагьрудинл МухIамад: «Гъоре миллионалцин гурел, миллиардалгун биччала гIарац, гьединлъидал гьеб гIарац тIокI гьабизелъун гьединаб къанун хIажат буго. Амма цогидаб рахъги буго гъоба, щибниги гIайиб гьечIев чиясда такъсир гьабураблъи тIаде босизабун, гIайиб гьечIев пакъирги ккезе рес буго тамихIалде гъоркье.

Амма цоги нухалъ абуниги терроралъулал такъсирал гьарурал чагIазда хурхун къанун къабул гьабуни бегьилаан. ХIукуматалъе цIакъ хираго чIезехъин буго гьезие гьабулеб «хъулухъ».

ЦохIо «Белый Лебедь» абураб туснахъалда жанив тIамурав нусго чи цIунун вуго азарго гIанасев чи. Гьезул щивасе 50 000 гъурущ харжги чIезабуни, гьезие мина-рукъги бан кьуни, жалго туснахъчагIазе чIезарулел киналго шартIалги, квен-тIехги малъани кигIан гIарац гьеб кколеб?

Гьединал гIадамазе гIакъуба кьурал, теракт гьабурал, чи чIваялъул такъсир гьабурал чагIазда хурхун бахъани бегьула гьеб къанун. Дун разияв вуго».

Чи чIвазе къотIиялъул хIукуму Россиялда цIигьабизе кколин абураб суалгун Пачалихъияб Думаялъул партиял цереги рагъарулаанин ва щибаб нухалда президент Владимир Путиница гьезул пикру бачIинаго нахъчIвалеб букIанин ва жиндир ракIчIун бугин гьаб нухалъги улкаялъул нухмалъулес гьеб нахъчIвазе букIиналдаян рикIкIунеб буго «Черновик» газеталдаса журналист МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Нилъер улкаялъул гьадинги лъикIаб гьоркьоблъи гьечIо Европаялъул пачалихъазулгун. Гьеб къанун къабул гьабунани абуни гьел тIуранго хвезе руго ва нилъедехун бербалагьи букIине буго Африкаялда ругел пачалихъаздехун гIадаб. Гьеб цо рахъ. КIиабилеб суал буго гьеб къанун хIажат бугищ абураб?

ДагIба гьечIо, нилъер пачалихъалда терроралъулаб хIаракатчилъи цебетIун буго. Амма нилъеца хIисаб гьабизе ккола терроралъулаб такъсир гьабизе тIаде босарав «хвалде унесда» лъала жив хвезе вугевлъи, гьединлъидал цохIо ТIадегIанасул диваналъул гурони цогидаб бокьараб диваналъ къотIизе бугеб хIукмуялъул гьесие ургъел гьечIо. Гьеб такъсир гьабулел чагIи рекIеда ратизейин, гьел такъсирал дагь гьаризейин абураб масъала къанун хIадур гьабулез лъолеб батани, гьеб гIадада ккезехъин буго.

Гьеб гуребги Шималияб Кавказалда букIараб хIалбихьиялъул хIисаб гьабун жакъа абизе рес буго терроралъулаб такъсир гьабурал чагIи гьадинги чIвалел рукIараллъи. Официалияб баяналда абула автомобилалъусан гьез низам цIунулезда кьвагьи лъурабго гьезде данде гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда чIванин гьелилан.

Амма нилъеда лъалелъул изну гьечIого яргъид гIуцIарал ратаниги, ялъуни гьезие квербакъи гьабурал чагIи ратаниги гьел тIагIинаризе гьабулеб хIалтIи бугеблъи къуваталъул идарабазул.

Гьединлъидал «чи чIвазе къотIизе» абураб бутIа Россиялъул Уголовияб кодексалда баккани гьелъ халкъазда гьоркьосеб даражаялда жидеего гIунгутIаби ралагьи гурони, улкаялда жаниб гьелъ гьабизе гьумерхъахIаб жо дида бихьулеб гьечIо».

Россиялда чи чIвазе къотIун тамихI гьабизе байбихьун буго 966 соналдаса нахъе. Ахирисеб нухалда улкаялда чи чIвазе къотIиялъул тамихI гьабун буго 1996 соналда.

Дунялалда тIад гьединаб тамихI гьабизе гьукъун буго 96 пачалихъалда. ЦIакъго бакIаб такъсир гьабуралъухъ гьеб хIалтIизабизе изну кьун буго ичIго пачалихъалда. Гьел ккола Боливия, Бразилия, Чили, Сальвадор, Фиджи, Израиль, Казахстан, Латвия ва Перу гIадал хIукуматал. Рагьун чи чIвазе къотIиялъул хIукму хIалтIизабулеб буго дунялалъул 55 улкаялда.

XS
SM
MD
LG