МагъчIваялъе рес

РикIкIунищ Шималияб Кавказалдаса гIадамал террористаллъун Европаялда


Бельгиялда ва гьелдаса цебе Франциялда ккарал терактаз Шималияб Кавказалдаса лъутун рачIун, Европаялъул улкабазда чIейи гьабун ругездехун рокьукълъи бижиялъул ахIвал-хIал хIалуцун бугин лъазабулеб буго цо-цо экспертаз.

Интернет-мухъ

Масала, Халкъазда гьоркьосеб, инсанасул ихтияразул рахъалъ федерациялъул вакил Александра Кулаевалъул пикруялда Шималияб Кавказалдаса, хасго Чачаналъа рачIарал гIадамал террористал ва радикалияб бербалагьи ругел чагIазде сверулел ругила Европаялдаса гIадамазул жамгIияб пикруялъулъ.

22 марталда Брюсселалъул халкъазда гьоркьосеб аэропорталда ва метрополитеналда ккана лъабго кьвагьи. Гьелъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъана 32 ва лъукъана 250 цIикIкIун чи. Терактазул жавабчилъи жидедего тIаде босана Россиялда гьукъараблъун лъазабураб ДАГIШ терроралъул гIуцIиялъ.

Терактаздаса хадуб лъазабуна гьел гьариялда щаклъи ккун ккурал лъабгоязул, гьезда гъорлъ Беларуссиялъул гражданлъи бугев дагъистанияв Марат Юнусовги.

Лъазабулеб букIана Россиялъул хасал хъулухъаз гьев Беларуссиялъул рахъалдаса вачIунев террорист вугин абураб информация кьун бугин, амма хадубккун живго Юнусовас лъазабуна жинца жавабчилъиялде ахIизе ругин жив террорист вугин абураб хабар тIибитIизабурал журналистал. 28 марталда Беларуссиялъул хасал хъулухъаз лъазабуна Юнусовасдехун щибго тIадкIалъай гьечIин жидер.

Бельгиялда ккараб кьвагьияздаса хадуб батIи-батIиял экспертаз загьир гьабуна пикру, гьел кьвагьияз Шималияб Кавказалдаса лъутун рачIун Европаялда чIейи гьабун ругездехун негативияб бербалагьи букIиналъул ахIвал хIал хIалуцунеб бугин.

Масала, Инсанасул ихтияразул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул вакил Александра Кулаевалъ «Кавказский узел» сурсаталъе баян гьабулеб буго, Шималияб Кавказалдаса, хасго Чачаналдаса гIадамал террористал ва радикалияб исламалъул чагIи хIисабалда къабул гьарулел ругин Европаялъул улкабазда.

Гьелъул пикруялда, гьевго Марат Юнусовасул Бельгиялда ккараб теракталъулъ гIахьаллъи бугин абураб тайпаялъул информация тIибитIизабиялъ Шималияб Кавказалдаса лъутун рачIараздехун божилъи тIагIунеб буго ва гьоркьолъаби холел руго Европаялъул халкъалгун.

Масала, ноябралда ва январалда Франциялда ккарал терактаздаса хадуб, нахъиял сардаз анцI-анцI чачаназул хъизамазде чIухь базе рачIун ругила полициялъулал.

Бельгиялда ккараб теракталда хадуб байбихьараб гьетIараб куцалда информация тIибитIизабиялъги квешаб ахIвал-хIал лъугьинабулеб бугила. Медиасурсатаз хIадурараб тушманасул сурат кьолеб бугила, тIубан мухIканаб гуреб информациялда тIад гIуцIараб.

ГьабсагIаталда Европа дандчIванила жегиги букIинчIеб хIинкъигун, гьелъ, хасго информациялъулаб политика цIакъ цIодорго тIобитIизе кколила.

Кинаб бугеб террактаздаса хадуб Европаялъул улкабазда хIал. Хисун бугищ Шималияб Кавказалдаса гIадамаздехун бербалагьи – гьел суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналдаса ва Чачаналдаса Европалъул улкабазда гIумру гьабун ругезе.

Австриялда 10 гIан соналъ гIумру гьабун вугев ГIалица бицана, щибго гьесда лъалеб хисараб жо гьечIилан. Цо-цо миллияб рахъалъ кколел ричIчунгутIиял рукIунила кидагоги, амма гIаммаб куцалда хисараб жо ккечIила Бельгиялда ва Франциялда ккарал кьвагьияздаса хадуб.

ГIали: «Гьел террактаздаса хадуб, гьаниб Австриялда щибго хисараб жо ккечIо. Австрия буго Шималияб Кавказалдаса гIемер гIадамал ругел улкабазул цояб. Амма дида лъалеб, кавказияздаса хIинкъи, яги рокьукълъи загьир гьабиялъул гIаламатал гьечIо. БукIине бегьула, цо кинаб бугониги шагьаралда, цо пуланав Фридрихица цояв дандхаризави, амма гьединаб жо бокьараб улкаялда букIуна, терактазда хурхарабги гьеб гьечIо».

22 къоялъ Брюсселалда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда чIваразда ва лъукъаразда гъорлъ ругин гIемерал бусурбабиги, амма Россиялъул информалатаз гьелъул бицун бати щакаб бугин. Кинабгоги, Россиялда ругезда Бельгиялда ккараб теракт бихьулин батIаго, хIакъикъаталдаги бугелдасайин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Бельгиялда гIумру гьабун вугев чачанав Алан Бергманица. Европаялда бугеб толлератияб жамгIият абураб рагIабазул магIна бичIчIун бажаруларила Россиялда рукIаго.

Алан Бергман: «Кавказиязул я цере ккарал, я гьанже ккарал терактаздехун щибго хурхен гьечIо. Гьел терактал гьарурал ва гIумруялде рахъинарураздаги тIоцебе гIайиб чIвай гьабулел руго Кавказиял. Гьанир гIумру гьабун руго толерратияб жамгIияталда. Цо кинав вукIаниги МахIмудица цо жо гьабунилан, кинабго цо гъуниялде баларо гьаниб.

Гьеб теракталъул хIасилалда зарал ккаралги руго гIемерал бусурбаби. Брюсселалда руго кIудияб къадар бусурбабазул. Гьанир гьел инжит гьарун, батIа тIун тун гуро ругел. Гьел журан руго улкаялъул гIумруялъулъ: администрациялда, полициялда, армиялда, батIи-батIиял идарабазда хIалтIулел руго гьел. Гьединлъидал гьечIо гьединаб жо, бусурбаби яги кавказиял батIа гьарулин абулеб».

РукIанищ Брюсселалда ккарал кьвагьиязда хадур гьенир гIадамазул рукъзабахъ чIухьал райин цIехана нижеца, амма Аланица баян гьабухъе, гьесда лъалел гьединал лъугьа-бахъинал рукIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG