МагъчIваялъе рес

Пальмира хвасар гьабун буго


Россиялъул яргъид гIуцIарал къуватаз Сириялъул тIадтаразе нахъеги кумек гьабизехъин буго терроризмалде данде къеркьолеб Сириялъул тIалъиялъе, ян лъазабуна Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас Владимир Путинил баяналда мугъ чIвай гьабун.

Гьесул рагIабазда рекъон 27 марталда Путиница телефонияб гара-чIвари гьабуна Сириялъул президент Башар Асадгун ва ЮНЕСКО-ялъул Генералияй директор Ирина Боковалъулгун. Путиница Асадида баркана некIсияб Пальмира шагьар экстремистаздаса хвасар гьабиялъул хIужа.

Дунялалъул ирслъун кколеб Пальмира шагьар хвасаргьабиялъул хIужа кIвар цIикIкIараб бергьенлъи бугин лъазабуна Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Муница.

Бан Ги Мун: «Ниж рохатал руго Сириялъул хIукуматалъул аскарияз Пальмира шагьаралдаса Исламияб Пачалихъ абулеб террористикияб нахъе гъун рукIиналдаса. Гьанже гьезда кIола гьаб тIолабго инсаниятлъиялъул ирслъун кколеб бакI цIунизе. Гьеб гуребги, дир хьул буго гьеб тарихияб шагьар къачIазеги Сириялъул хIукуматалъул рес букIиналда».

XS
SM
MD
LG