МагъчIваялъе рес

Пакистаналъул Лахоралда лъазабун буго чIегIер баялъул 3 къо


Пакистаналъул Лахор шагьаралда гьатIан къоялъ бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда чIваразда гъорлъ гIемерал лъималги руччабиги руго. Ахирисел лъазабиязда рекъон 70-гIан чи чIван вуго, 300-гIан чи лъукъана.

Живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алат хIалтIизабун букIана Гульшан-и-Икъбал абулеб жамгIияб ахикь лъимал хIалеб бакIалда аскIоб. Гьеб теракталъул жавабчилъи тIад босун буго «Джамаат уль-Ахрар» абулеб багъа-бачариялъ. Гьеб ккола ТIалибаналъул гIаркьел.

Террористаз лъазабуна, жидер мурадлъун букIанин ГIисал диналъул гIадамал чIвай. ГьатIан къоялъ насранияз жидерго динияб байрам кIодо гьабулеб букIана.

Пакистаналъул полициялъул вакил ХIайдар Ашрафица лъазабуна, аслияб къагIидаялда бусурбаби чIван ругин гьеб теракталъул хIасилалда. Регионалиял бутIруз гьениб лъазабуна чIегIер баялъул лъабго къо.

XS
SM
MD
LG