МагъчIваялъе рес

ГIелму-лъаялдаса закагIат


БоцIудаса бахъулеб рагIун букIана, гIелму-лъаялдаса закагIат кколеблъи лъалароан.

ГIелму-лъаялдаса закагIат
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:22 0:00
Интернет-мухъ

- ГIолеб бугищха харж?

- Буго. Аллагьасе рецц. Кинабго буго инсан Аллагьас кьураб ризкъиялда разилъиялда бараб.

Щукру гьабизе лъай чара гьечIеб шартI буго бусурманчиясе. Дие университеталъ кьураб харж гIолеб буго - ян абуна дир цевегосев гьудулас. - Гьеб ризкъи нилъее щвараб гIоларелъул, гьелъул жавабгилъидал кьезе кколеб Аллагьасда цебе. Гьединлъидал дун разияв вуго БетIергьанас кьуралда.

-КIигIанха бачIунеб дуе моцIие?

- 14 азарго гъурущ.

-ТIаде цойги бакIалдаса жо батула, дарам-базар, боцIи...

- ГIолеб буго дир рукъалъе гьеб гIарац. ГIадлуялда ва магIнаялда гIумру гьабуни гIола. РатIликъгоги, кваникъгоги хутIичIо, минаги буго, квен камунги хутIичIо, Аллагьасе рецц - ин гьес абурабго дун вукIана пикрабалъ гьесул гьеб 14 азарго гъурущ кин ва сундедай харж гьабулеб. Хъизан-рукъ, машиналъе бензин, телефонал, хасалие цIатари, унтани дару ва цогидал ракIалдаго гьечIел харжал цере тIамулев. Гьев вуго дида цадахъ школалда цIалун вукIарав вас.

Гьев чи дида киданиги чиясде гьаракь борхун кIалъарав ва къацандулев рагIичIо. Гьикъараб жоялъе жаваб кьун гурони дин бугIун, жинцаго вагIза гьабизеян тIаделъаравги халлъичIо. 1990 абилеб соналъ магIарухъ дида цадахъ школа лъугIаралдаса нахъе къого соналъ цIалана гьев Исламияб гIелмуялда тIад.

Гьаб сагIаталда дарсал кьолев вуго. ГIелму цIалун ва гIумру гьабун вуго Хасавюрт шагьаралда. Гьесул рукъалъул бугеб хIалги лъан дун вукIана ургъулев киндай гьесие кумек гьабилеб ва МахIачхъалаялдеги вачун цо 20 азаргониги харжги, тIаде цойги рукъалъе санагIат бугеб жоги щвезе абун пикрабалъ.

Гьев кидаго вукIана цIакъ хIалимав, сабурав, инсанасул рекIелъ босулеб гIамалалъулги, камилаб гIелмуялъулги чилъун. Гьебги хIисабалде босун гьикъана гIага-шагарго 20 азарго гъурущ бацIцIадаб харжги, тIаде цойги санагIалъабиги чIезаруни вачIинищ МахIачхъалаялдеян.

-Бегьуларелъул дие гьаниве вачIине - ян абуна гьес.

- Щай?

- Щай гурелъул дихъ бугеб жоялдаса закагIат бахъизе доба гурони данде кколаро.

-Кинаб закагIат?.. Кинаб закагIат букIунеб дур харжидаса, гьелда тIалъуларелъул закагIат - ин гьикъулеб буго дица ас бицунеб бичIчIуларого.

- Харжалда бараб жо щиб бугеб? ЗакагIат цохIо гIарац-меседалъулгун боцIул гуребги букIунелъул. ГIарцудаса гуро дица закагIат бахъизе кколеб. Бахъизе ккола къогогIан соналъ гIалимабаца дие кьураб гIелмуялдаса.

Дун мадрасалда хьихьана, кваназавуна, гIелму малъана. Гьеб тIад буссун цогидазухъги кьечIого, жакъа дуца абулеб пачалихъалъул хIалтIудеги ун дун хвани, кин дица Аллагьасда цебе жаваб кьелеб?

Дида гьикъила дуе канлъиги, гIакълуги, лъайги, гIелмуги, ризкъиги кьун букIана. Мун гьеб дуе кьураб хутIаразеги кьечIого гьебги босун аниве щай вачIаравин. Щиб жаваб кьелеб дица? Киналъулголъидал жаваб кьезе кколеб БетIергьанасда цебе.

Гьесул жавабалъ дун кидаго гIадин хIайран гьавуна. БоцIудаса бахъулеб рагIун букIана, гIелму-лъаялдаса закагIат кколеблъи лъалароан. Гьел гурелги чанги хIикматаб жо бицунеб букIана.

Дие бокьун букIана ракIалдащвеялъе гьеслугун сурат бахъизеги, жеги гIемерал сулазе жавабал щвезеги. БахъичIо сурат, гьев живгоги цеве кIанцIоларев чи вукIун, санагIатгьечIолъи букIинин. Жеги вачIинин ана, тIадеялде гъов кIалъазавун мухIкан гьабун бицина, Аллагьас риччани... Хабарал лъикIал рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG