МагъчIваялъе рес

Брюсселалда полициялъ лъин хIалтIизабуна националистазде данде


ГьатIан къоялда Брюсселалда полициялъ лъин речIчIизабизе ккана ультраквараназул футболалъул фанатазде данде терактазда хварал гIадамазул рухIалдаса мемориал лъураб Биржаялъул майданалда.

France-Presse агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, кIинусго гIанав чIегIераб ретIел ретIарав чи гьеб бакIалде вачIунев вукIун вуго миллатчагIазул ахIиял гьарулаго, гьезухъ кодор рукIун руго мигрантазде данде ахIиял ругел игIланал.

ГьатIан къоялда Бельгиялъул тахшагьаралда тIобитIизе кколеб букIун буго «ХIинкъиялда данде марш».

XS
SM
MD
LG