МагъчIваялъе рес

Прагаялда Китаялъул байрахъал хвезарун руго жал щалали лъаларез


Китаялъул бетIер Си Цинпинил официалияб визиталда цебе Прагаялъул къватIазда рарал Китаялъул байрахъал хвезарун руго жал щалали лъаларез.

Полициялъул вакиласул рагIабазда, сардикь жал щалали лъаларез гьезда бахун буго кинабалиго чIегIераб гIаламат. Гьесул пикруялда, гьеб батизе бегьула цо-кIиго вандаласул хIалтIи. ХIужаялда хурхун унеб буго цIех-рехх.

Китаялъул лидер Чехиялде щолев вуго кIиго къоялъулаб визитгун итни къоялда.

XS
SM
MD
LG