МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда гьабаруб теракталъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 41 чи


ГIиракъалъул централияб рахъалда хвалде унес гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 41 чи, лъукъун вуго I05. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Associated Press агентлъиялъ, ГIиракъалъул нухмалъиялда базабун.

France-Presse агентлъиялъул баяназда рекъон, хваразда гъорлъ рагIула I0-ялдаса I6 соналде щвезегIан гIелалъул васалги. Кьвагьиялъул къурбаналлъун лъугьун руго гьединго хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул ва бакIалъул администрациялъул хIалтIухъабиги.

Кьвагьи гьабун буго рузман къоялъ маркIачIуда Багъдадалдаса 50 километралъул манзилалда бугеб Эль-Искандерия шагьаралъул стадионалда футболалъул матчалъул заманалда. Хвалде унес гIадамазда гъорлъ живго кьвагьизавун вуго призал кьолеб мехалда.

ТIадекIанцIиялъул жавабчилъи жиндего тIаде босун буго Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъ, ишаналде росун рукIанин жидеде данде чIарал шиитазул яргъид гIуцIаралинги абун.

XS
SM
MD
LG