МагъчIваялъе рес

Къадиров тIамуна Чачан республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулевлъун


Россиялъул президент Владимир Путиница Рамзан Къадиров тIамуна Чачан республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулевлъун. Республикаялъул бетIерасул хъулухъалде рищиял тIоритIизе руго 2016 соналъул сентябралда.

Путиница хьул загьир гьабун буго гьезда Къадировги гIахьаллъизе вукIиналъул. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ.

Къадировасул гьанжесеб болжал рагIалде бахъуна 5 апрелалда.

Живго Рамзан Къадировас лъазабиял гьарулел рукIана жив хIадурав вугин хъулухъалдаса нахъе инейин.

Къадировас Чачан республикаялъул нухмалъи гьабулеб буго 2007 соналдаса.

XS
SM
MD
LG