МагъчIваялъе рес

Краснодар краялъул фермеразда ракIалда буго тракторазда Путинихъе ине


Краснодар краялъул фермеразул 100 гIанав чиясда ракIалда буго 28 марталда тракторазда Москваялде марш байбихьизе.

Гьедин гьезда ракIалда буго рейдерлъиялъул къагIидаялда ракьал рахъиялде данде жидерго протест загьир гьабизе ва президент Владимир Путинихъе жидерго тIалаб щвезабизе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Кавказаский узел» сайталъ.

XS
SM
MD
LG