МагъчIваялъе рес

Радован Караджичие кьуна туснахъалъул 40 сон


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Халкъаздагьоркьосеб трибуналалъ хIукму гьабуна Босниялъул сербазул вукIарав лидер Радован Караджичие туснахъалъул 40 сон бихьизабиялъул. Гьеб хурхараб буго Сребреницаялда гьесул нухмалъиялда гъоркь гьабураб геноцидалда ва инсанияталде данде гьарурал цогидал такъсиразда.

Сребреницаялда бихьинчагIи ва лъимал чIваялъул хIужа къабул гьабулеб буго Дунялалъул кIиабилеб рагъалда хадуб бищунго вахIшияб акт хIисабалда.

Караджич аресталде гъоркье восана Белградалда 2008 соналда ва щвезавуна Гаагаялде.

XS
SM
MD
LG