МагъчIваялъе рес

Москваялъ Савченко кьезе бегьула Киевалъухъе


Украиналда вугев Россиялъул вакил Михаил Зурабовас Киевалда тIобитIараб къараб данделъиялда лъазабун буго, гIагарисеб заманалда Украиналъул рагъулай Надежда Савченко Киевалъухъе кьезе йигин.Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Грани.ру» сайталъ.

Жиндирго лъазаби гьелъ хурхинабулеб буго гьеб данделъиялда гIахьаллъарав жиндир цIар бицинчIев чиясда.

Гьесулго рагIабазда, Савченко ватIаналде нахъе юссинайиялде Москва хIадураб букIана марталъул байбихьудаго. Амма Киевалда Россиялъул вакилльлъиялде гьабураб тIадекIанцIиялда хадуб, гьеб гали Кремлалъ заманалъ нахъе бахъана.

XS
SM
MD
LG