МагъчIваялъе рес

Джон Керрица байбихьана Москваялде кIигокъоялъулаб визит


Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица арбагI къоялда байбихьана Москваялде кIигокъоялъулаб визит.

Москваялда гьес кIалъа-басаял тIоритIизе руго Россиялъул президент Владимир Путинилгун ва къватIисел ишазул министр Сергей Лавровгун.

КIалъа-басаязул аслияб тема хурхараб букIине буго Сириялда бугеб ахIвал-хIалда, Сириялъул нухмалъиялъул вакильзабаздаги оппозициялдаги гьоркьор Женеваялда тIоритIизе ракIалда ругел кIалъа-басаязул перспективалда ва гьединго Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб кризисалда.

Джон Керри Москваялде вачIинелда цебе Россиялъ Цолъарал Штатал какана, Сириялда кьвагьдей чIезабиялъул къотIи-къай тIубазабиялда хадуб контролалда хурхарал галабазул координация гьабиялдаса инкар гьабулеб бугинги абун.Цолъарал Штатаз лъазабуна, Вашингтоналъ конструктивиял гьоркьорлъаби гIуцIун ругин Москваялъулгун Сириялда парахалъи цIуниялъул рахъалдайин ва Вашингтоналъ Россия ахIана цорахъалъулал галаби гьариялдаса инкар гьабиялде.

XS
SM
MD
LG