МагъчIваялъе рес

Брюсселалда терактал гьариялъул щаклъи бугев кквеялъул информация тасдикъ гьабуна полициялъ


Брюсселалда терактал гьариялъул щаклъи бугев кквеялъул хIакъалъулъ информация тасдикъ гьабуна полициялъ. Гьев кколев рагIула Наджима Лахрауи. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ТАСС агентлъиялъ.

Наджим Лахрауи кколев рагIула 25 сон барав Бельгиялъул гражданав. 20I3 соналда гьев ун вукIун вуго Сириялъул рагъде. 20I5 соналъул 4 декабралда гьев валагьиялде лъазавун вукIун вуго Парижалда гьарурал терактазда хадуб.

Гьесул ДНК батун буго кьвагьулеб гIаламаталда.АрбагI къоялъ полициялъ гьединго чIезаруна Брюсселалда терактал гьариялде щаклъи бугев лъабго чиясул цIарал.

Гьел кколел рагIула вацал – Халид ва БрахIим Бакрауи ва гьевго Наджим Лахрауи. Гьел киналго кколел руго Парижалда гьарурал терактазул аслияб щаклъи бугев СалахI ГIабдусаламил ишалъул фигурантал.

XS
SM
MD
LG