МагъчIваялъе рес

Сириялъул кванил нигIматазул импорт байбихьана Россиялъ


Сириялдаса пихъ ва цогидал рижинарурал кванил нигIматазул импорт байбихьана «Адыг-Юрак» абураб компаниялъ.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Коммерсант» газетаялъ.

Газетаялъе комментариял гьарурав компаниялъул гендиректорасул рагIабазда, араб анкьалда Новороссийскалъул порталде щвезабун буго нигIматазул кIиабилеб партия – апельсиназул, лимоназул, грейпфрутазул, томатазул ва хъапустаналъул 3000 тонна. Компаниялда ракаIалда рагIула гьеб къадар анкьида жаниб 5000 тоннаялде бахинабизе.

XS
SM
MD
LG