МагъчIваялъе рес

Диваналъ Надежда Савченкое бихьизабуна колониялъул 22 сон


Ростов областалъул Донецк шагьаралъул диваналъ Украиналъул пилот Надежда Савченко лъазаюна гIайибияйлъун Россиялъул журналистал хвеялъе ва Россиялъул улкаялъул гIорхъаби рахиналъе. Гьелъие тамихI хIисабалда бихьизабуна гIаммаб режималъул колониялъул 22 сон. ГIорхъи бахиялъухъ Савченкода тIад лъун буго 30 азарго гъурщил гIакIа.

Процесс унеб мехалда диваналъ нахъ чIвана Украиналъул рагъулалъул адвокатазул киналго аргументал. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна адвокат Марк Фейгиница.

Цебе Савченкоца лъазабун букIана, тамихI къотIун хадуб жинца якъун чIеялъул акция халат бахъинабизе бугин. Адвокатасул рагIабазда, гьелъ къабул гьабулел гьечIо гIунтIизарурал гIайибал ва гьелда ракIалда гIечIо гьелда бан гIарза кьезеги.

Хасавюрт мухъалъул Муцалаул росдал рагIаллъуда сардикь кьвагьи ккун буго. Гьелъул хIасилалда хун вуго росдал чи. Полициялъ лъазабулеб буго, гьев вукIанин «рохьилав» ва гьев хванин жинцаго гьабураб бомба кьвагьиялъул хIасилалдайин. Кьвагьи ккун буго яргъид гIуцIараз бараб блиндажалда жаниб.

XS
SM
MD
LG