Гьарурал терактазул хIасилалда 26 чи чIван вуго, анцI-анцIгоявги лъукъана. Бельгиялъул премьер-министр Шарль Мишелица лъазабуна, аэропорталде тIаде кIанцIание живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурав. БатIи-батIиял баяназда рекъон кьвагьи бахъизегIан гьенир гIараб рагIаби рагIулаан.
Брюсселалде гьужумал гьарун руго
Талат къоялъ, 22-билеб марталда Бельгиялъул тахшагьар Брюсселалда щуго кьвагьи бахъана. КIиго - аэропорталда, кIиго - метроялъул станциялда.

1
Брюсселалъул "Завентем" абулеб аэропорталда кьвагьи бахъун хадув эхетун чIарав аскарияв. 2016 соналъул 22-билеб март.

2
Аэропорталъул минаялда жаниб.

3
Кьвагьи бахъана "American Airlines" авиакомпаниялъул рукъалда аскIоб.

4
Кьвагьиялдаса нахъе аэропорталдаса эвакуация гьабулел пассажирал ва аэропорталъул хIалтIухъаби.