Sony World Photography Awards абулеб фото-суратазул тIолабго дунялалъул гIуцIиялъ лъазаруна гьаб cоналъул бищунго лъикIал суратал. Гьел рахъун руго гIадатиял фотографаз дунялалъул батIи-батIиял бакIазда.
Исана соналъул бищунго лъикIал суратал

1
Гангасагар ккола Индиялда диниял гIадамал бищунго гIемер щолеб бакI. Санайилго гьенире ракIарула Макара-санкрати абураб тIощелалъул байрам кIодо гьабизе аза-азар чи.

2
Буддистазул монахал унел руго гIазу балеб мехалда тIобитIулеб хасаб динияб тадбиралде Китаялъул Лангмуси шагьаралда. Гьеб шагьаралда бащадаб халкъ буго Тибеталъул буддистал, бащдаб - бусурбаби.

3
"ЖужахIалъубе нуцIцIа" абураб цIар кьун буго Туркмениялда бугеб Дарваза абураб газалъул кратералъе. Гьениб цIар рекIаралдаса буго 45 сон.

4
Санайилго аза-азар каракатица данде бакIарула жанубияб Австралиялъул Спенсерил лъел квачIалда цIиял "наслабазул" гIумрулъе кьучI лъеялъе. Жидерго хьулал рихьизариялъе гьез кьерал хисулел руго.