МагъчIваялъе рес

Москваялъ Сириялда хIалтIизабизе бегьула рагъулаб къуват


22 марталдаса байбихьун Россия хIадураб букIине буго Сириялда ракълилаб къотIи-къаялъул шартIал хвезарулеб бокьараб гIуцIиялде данде цорахъалъулаб къагIидаялда рагъулаб къуват хIалтIизабизе.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул Генштабалъул оперативияб нухмалъиялъул бетIер Сергей Рудскояс. Гьес гьединго цебелъей загьир гьабуна Москваялда яги бокьараб цогидаб бакIалда Россиялъулги Цолъарал Штатазулги экспертазул экстренниял консултацияби гьариялъул. Хадур бачIараб информациялда рекъон, СШАялъ инкар гьабун буго Россиялъулгун гьединал кIалъа-басаяздаса.

Гьелда цебе Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабун букIана, Россиялъул рагъул къуватал Сириялда хутIизе ругин Хмеймималда ва Тартусалда ругел Россиялъул рагъул базаби цIуниялъул мурадалдайин.

XS
SM
MD
LG