МагъчIваялъе рес

Туркиялъ теракталъул гIайиб "Исламияб пачалихъалде" чIвалеб буго


19 марталда Истанбулалда букIараб теракталъул хIасилалда лъукъарал гIадамал.
19 марталда Истанбулалда букIараб теракталъул хIасилалда лъукъарал гIадамал.

Туркиялъул жанисел ишазул министр Эфкан Алаца лъазабуна, шамат къоялъ Истанбулалъул дармил централда суицидалияб гьужум гьабурав чи кколаанин Туркиялъул гражданин, 1992 соналда гьавурав МехIмет Озтюрк.

Ва гьев вукIун вуго Евроцолъиялъ, Цолъарал Штатаз, Россиялъ ва цогидал улкабаз гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIараб «Исламияб пачалихъилан» абулеб гIуцIиялъул гIахьалчилъун.

Гьеб кьвагьиялъул хIасилалда щуго чи (гьезда гъорлъ живго Озрюркги) чIван вуго, 36-гояв лъукъана. Лъукъаразда гъорлъ- ГIизраилалъул 11 гражданин.

ГIизраилалъул хIукуматалъ жиндирго гражданазде лъазабуна, гьаб гIагардисеб заманалда Туркиялде сапарал рухьичIого чIезе ккола, ян абун.

XS
SM
MD
LG