МагъчIваялъе рес

Ростовалда ахиралде щвана гIадамал хвасар гьариялъул операция


Boeing 737-800 бортараб бакI.
Boeing 737-800 бортараб бакI.

Ростов-Доналда ахиралде щвана Боинг-737 боржаро бортараб бакIалда гIадамал ратиялъул ва хвасар гьариялъул операция. Гьадин лъазабуна авиакатастрофалъул цIех-рех гьабулеб хIукуматалъул комиссиялъе нухмалъи гьабулев Россиялъул транспорталъул министр Максим Соколовас.

Гьес гьединго абуна, байбихьулеб бугин жаназабазул идентификация гьабиялъул процедура. Гьеб халат бахъине бугин кIиго анкьалъ.

Россиялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул Ростов икълималъул бетIераб идараялъул нухмалъулев хисулев Ярослав Гладченкоца гьадинаб баян гьабуна журналистазе.

Ярослава Гладченко: «Нужеда бихьухъе боржаро щущахъ гьабун буго. ГIицIго гIисинал кескал хутIана гьелъул. Ахираб пара швезегIан хьул букIана чIаго хутIарал ратизе, амма, рекIелъ гIагалигун, гIадамазул жаназабази гурони, хвасарлъарал гIадамал ратичIо».

ГьатIан къо Ростов икълималда лъазабун буго чIегIер баялъул къолъун.

Fly Dubai авиакампаниялъул лайнер Ростов-Доналде боржун унеб букIана Цолъарал ГIараб Эмиратаздаса. Гьава-бакъалъул квещал шартIал рукIиндал пилотазда кIвечIо боржаро рештIинабизе. Гьелъул хIасилалда 62-гIан чи чIван вуго. Гьезда гъорлъ – ункъго лъимерги.

XS
SM
MD
LG