МагъчIваялъе рес

Улкаялъул бетIер цIунизе къанун хIадурулеб буго


Пачалихъияб Думаялъ хIадур гьабулеб буго Россиялъул президент хIакъир гьавуралъухъ къвакIараб тамихI чIезабулеб къануналъул проект.

Улкаялъул бетIер цIунизе къанун хIадурулеб буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:34 0:00
Интернет-мухъ

Гьелъие гIиллалъун парламенталъул вакилзабаз рехсолеб буго социалиял гьиназда улкаялъул бетIер хIакъир гьавурал рикIкIен гIемерал видеороликал гIемерлъулел рукIин. Халкъалъул кинаб пикру бугеб гьединаб къануналда хурхунали лъазе гьабуна нижеца.

Гьеб къануналъул проекталъул автор ккола ЛДПР партиялъул депутат Роман Худяков. 1990 соналдаго бахъун букIараб, СССРалъул президентасул намус хIакъир гьабуралъухъ тамихI гьабиялъул къанун цIигьабизе кколин рикIкIунеб буго депутатас.

Щайгурелъул социалиял гьиназда гIемерлъулел ругин Россиялъул президент инжит-хIакъир гьавулел рикIкIен гIемерал видеороликал. Мисалалъе гьел видеороликал бищун гIемер рагIула ютуб, социалияб гьиналда.

Улкаялъул нухмалъулев ва тIалъиялъул рахъалдаса хIакизаби хIакъир гьарурал чагIазе тамихI гьабулеб статья буго Россиялъул уголовияб кодексалда. Гьанже депутат Роман Худяковас абулеб буго хас гьабун улкаялъул бетIерасда хъинтIулеб, инжитаб рагIи абурав чиясда хурхун хIадур гьабизе кколин хасаб къанун, гьесие гьабулеб тамихIги цIакъго къвакIизабизе кколин.

Демокартиялъулаб пачалихъалда гIумру гьабун ругел Россиялъул халкъалъул кинаб пикруха бугеб гьединаб къануналда хурхун? Гьеб суалалда тIасан гIадатиял дагъистаниязда гьоркьоб цIех-рех тIобитIана нижеца.

-Президент вукIа гьев, бокьарав цогидав чи вукIа, гIадан инжит гьавизе лъицаниги бегьуларо. Амма гьелъухъ тамихI гьабиялда тIасан дир чIванкъотIараб пикру гьечIо. Нилъер буго демократиялъулаб пачалихъ, чи какизе изну буго чиясул, амма инжит гьавизе ихтияр лъилниги гьечIо.

-Вищун вугищ нилъеца президент улкаялъул бетIерлъун, нилъеца гьесухъ гIинтIамизе ккола. Амма гьев инжит-хIакъир гьавизе лъилниги изну гьечIо, ракI рекъон гьечIищ, загьир гьабе дурго пикру, гьелъие нухал руго гIемерал.

-Лъалароха, цо рахъалъ балагьани тIалъиялъулги къанун бахъулезулги рахъалъ манипуляция гIадаб жоги бихьулеб буго дида гьениб. Президентасда данде рахъун митингал, протесталъулал акциял гьез гьаричIого рукIине гьабулеб жоги батизе бегьула гьеб парламенталъул. Амма цогидаб рахъалдаса балагьани, президент хIакъир гьавулелги ругелъул чагIи.

Бокьарав чиясул ихтияр буго жиндирго пикру загьир гьабун кIалъазе, амма инсан, тIаде жоялъе гьев пачалихъалъул бетIерги вугони, гьев хIакъир гьави мухъдаса араб жоги кколеб гьечIищха. Гьединлъидал цIикIкIарасеб къадаралъ дица гьеб къануналъул проекталъул.

-Улкаялъул бетIер вуго нилъеца кинзазго божилъиги гьавун вищарав чи. Гьев хIакъир гьавун кIалъазе нилъ бегьилищ, гьелъул дица рахъкколаро. Нилъер гIадамазда демократия абураб жоялъул магIна бичIчIула, киналъего изну кьун бугеб гIадин.

Демократиялъулги жиндирго гIурхъаби руго. Нилъерго рокъоса байбихьун эбел-инсулги, росдал бегавуласулги, республикаялъул ва улкаялъул бетIерасул нилъеца адабги хIурматги гьабулеб гьечIони гIадлу низам кинаб букIинеб?».

Президент какун улкаялда жанир хъвадарулел чагIаздасаги, къватIисахун бугин Путиние бищунго кIудияб тIадецуйилан рикIкIунеб бугго Каспийскалдаса Исупил МухIамадица. Гьединазда данде хIалтIизабизе гьеб къанун цебего къваригIун букIанин.

Исупил МухIамад: «ГьабсагIат иш бачIун буго гьадинаб ахIвал-хIалалде. Президентасде къватIисахун гьабулеб тIадецуй лъугIичIони, нилъее кIалъазе нухги толеб гьечIони, дунялалда Россиялъул къадру букIине гьечIо.

Россияллда жанир ругез Путиние гьабулеб тIадецуй бигьаяб жо буго, гьесул аслиял тушбаби руго къватIир. ГьабсгIат нилъер бугеб къуватги, сурсатги цIунизе Путинихъа бажарула, гьелъие нилъецаги гьесие кумек гьабулеб бугони

ГIадатиял гIадамазда гьоркьор гьесде ганчIал рехулел чагIи руго оппозициялъ гIарацги кьун, гьусун тIамулел чагIи».

Совет хIукуматалъул заманалда жанибги цIакъго кьваризабулеб букIанин улкаялъул нухмалъулесда хъинтIулеб рагIи абуралъухъ гьабулеб тамихIилан бицуна чIахIиял гIадамаз. Мисалалъе бищунго тамихI кьваризабулеб букIанин Сталин хIукуматалъул бетIерлъун вугеб мехалъ.

Гьесул цIаралда хурхараб кинаб бугониги щакаб калам дур кIалдиса къватIибе ани гьебсагIаталъго щвезабун батулаанин гьеб жанисел ишазул идараялъул, ялъуни пачалихъалъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хIалтIухъабазухъе.

Дова Москваялдаги вукIун гьанив магIарухъ вугеб жинда сири базабизе кIванин Сталинидаян мукIурлъула жакъаги гьесул заманалъ гIумру гьабун рукIарал цо-цо чагIи.

Пачалихъалъул бетIер хIакъир гьавуралъухъ кьварараб тамихI гьабулеб буго жакъа дунялалъул цогидал пачалихъаздаги.

XS
SM
MD
LG