МагъчIваялъе рес

Fly Dubai авиакампаниялъул боржаро бортана Ростов-Доналда


Fly Dubai - авиакомпаниялъул бортараб боржароялъул траектория.
Fly Dubai - авиакомпаниялъул бортараб боржароялъул траектория.

Ростов-Доналда Boeing 737-800 боржаро бортараб бакIалда хъвай-хIвагIай гьабулел чIегIерал алатал ратун руго. ГьабсагIат гьезул цIех-рех гьабулеб буго махшелчагIаз. Россиялъул ЦIех-Рехалъул комитеталъул вакил Оксана Коврижнаялъ тIобитIараб пресс-конференциялда лъазабуна рагьун бугин уголовияб ишилан.

Fly Dubai авиакампаниялъул лайнер Ростов-Доналде боржун унеб букIана Цолъарал ГIараб Эмиратаздаса. Цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон гьава-бакъалъул квещал шартIал рукIиндал пилотазда кIвечIин боржаро рештIинабизе.

Гьелъул хIасилалда 62-гIан чи чIван вуго. Гьезда гъорлъ – ункъго лъимерги. Дубаялда букIараб пресс конференциялда рехсараб авиакомпаниялъул ишал тIуразарулев директор Гейт аль-Гейтица абуна, гьеб букIанин цIияб боржаро ва ахирисеб нухалъ гьелъул контроль исана 21 январалда гьабун букIанин. Пилоталги рукIанингIураб хIалбихьи бугел махшелчагIиилан.

XS
SM
MD
LG