МагъчIваялъе рес

Туркиялда- нахъеги кьвагьи бахъана


Истанбул. 2016 соналъул 19 марталда кьвагьи бахъараб бакI.
Истанбул. 2016 соналъул 19 марталда кьвагьи бахъараб бакI.

Истанбулалда шамат къоялъ живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурав чияс кьвагьулеб алат хIалтIизабун, ункъго чи чIвана. Гьадинаб баян гьабуна Магърибалъул журналистазе Истанбулалъул губернатор Васип Шагьиница.​


Васип Шагьин: «Жакъа суицидалияб гьужум гьабурав террористас Бейогълу махъалда бугеб губернаторлъиялъул минаялда цебе кьвагьулеб алат хIалтIизабун жиндаго цадахъ жеги лъабго чи чIвана. 21 чи лъукъун вуго. Гьезул лъабгояв захIматаб хIалалда азарханаялде вегизавуна. Гьанжего гьанже цояв гIумруялдасаги ватIалъана. Унеб буго мухIканаб цIех-рех»

Ахирисел баяназда рекъон 4 чи чIван, 36-гоявги лъукъун вуго. 12 чи захIматаб х1алалда хутIулев вуго.

XS
SM
MD
LG