МагъчIваялъе рес

Медакадемиялъул экс-ректорасда тIад диваналъ гIакIа къотIана


ГIусманов ГIабдурахIман
ГIусманов ГIабдурахIман

18 марталда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректорлъун вукIарав ГIусманов ГIабдурахIманида тIад 100 азарго гъурущ гIакIа къотIана.

Интернет-мухъ

ХIилла-рекIкI гьабун, гьереси документал хIалтIизарун, хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайдаги босун академиялъул бюджеталдаса гIарац бикъиялъулда хурхун къануналъул 17 бутIаялда рекъон гIайиб гIунтIизабулеб букIана гьесде.

ГIусманов хъулухъалъул гурел ишаз Пятигорск ва Ставрополь шагьараздеги ун, хIалтIизе вачIинчIониги гьес харж боси къанун хвезаби бугин рикIкIана диваналъ. Гьелъухъ гIакIаги къотIана гьесда тIад, амма гьебги амнистиялде гъоркье кколеб иш букIун гьеб гIарацги кьезе кколеб гьечIо гьес.

ЦIех-рех чагIаз диваналда лъазабулеб букIана 2011соналдаса бахъараб 2013 соналде щвезегIан ГIусмановас хIалтIул къваригIелаз батIиял шагьаразде ва улкабазде унелъул гьелъие хIажалъулелдаса цIикIкIун гIарац хванин абун бихьизабулел документал гьарун рукIун ругила.

ХIалтIул къваригIелаз, ай командировкабаз унев вугинги абун жиндирго ишаз хьвадулевги вукIун вугила гьев, гьелъиеги пачалихъалъул гIарац хIалтIизабулеб букIун бугилан.

ГIаммаб къагIидаялъ экс-ректорас пачалихъалъе 400 азарго гъурщил зарал гьабун бугин лъазабуна прокурорас. ГIусманов гIайибиявлъунги рикIкIун щуго соналъ туснахъ гьавейиланги тIалаб гьабун букIана гьес.

20I3 соналдаса нахъе халат бахъараб гьеб иш хасал чагIазул мурадазе гIоло багъаризабураб бугин абулеб букIана бетIералдасанго ГIусмановас.

Гьебго соналъул 15 июлалда медицинаялъул академиялда ГIусмановасул хIалтIулеб рокъобги, бухгалтериялдаги хасал идарабазул хIалтIухъабаз чIухь бан гьениса финансазда хурхарал киналго документал рахъун ун рукIана.

Живго ГIусмановги ккун вугин харбал тIиритIизарун рукIана цин, амма гьел баянал ритIарал ратичIо. Гьелдаса хадуб ункъго моцIидасан Дагъистаналъул прокуратураялъ ГIусмановас лъайкьеялъул хIалтIулъ гъалатIал риччанин абун гьесда тIад административияб иш гьабуна.

Гьелъие гIиллалъун ккун буго ГIусмановас медицинаялъул академиялда цебе гIуцIараб колледжалъул студентазе гьоркьохъеб медицинаялъул лъайщвеялъул хIакъалъул дипломал кьун рукIин.

Гьединал документал кьезе лицензия букIун рагIулаго академиялъул. Гьеб къанун хвезабиялъухъ бащадаб лъагIалица хIалтIудасаги эркен гьавун вукIана диваналъ ГIусманов.

Живго ГIусманов ГIабдурахIман гьесде гIунтIизабулеб бугеб цониги гIайибалъе мукIурлъичIо. Гьес лъазабуна прокурорас жиндида бадир чIвалел ругел гьел киналго сапаралги академиялъул ишазе гIоло, гьелъие пайдаялъе гьарун рукIанила.

Гьезие хIажатаб гIарацги бюджеталдаса босунго букIинчIилан. Жинда сверун гьеб иш ургъунго, хасал чагIазул заказалда рекъон багъаризабун бугилан. Гьелъие аслияб гIиллалъун букIанила медицианаялъул ректорасул хъулухъалдаса жив вахъийиланги лъазабуна гьес диваналда.

ГIусманов ГIабдурахIман: «Диваналда цониги дида гIайиб чIезабулеб далил бихьизабичIо прокурорас, цониги гьеб диде гIунтIизабулеб гIайибги гьечIо дида. Бегьулареб, такъсирияб ишги гьабичIо дица. Ставрополалдеги дун ун вукIана гьезул медицинаялъул академиялъ 70 сон кIодо гьабизе, чанцIулго гьезул ректорги кIалъан ячIун йикIана дихъе гьенив вачIайилан гьарун.

Гьенисан Пятигорскалдеги ана гьениб Дагъистаналъул къоял кIодо гьарулел рукIун. Дица нухмалъи гьабулеб букIараб академиялъул кьурдул ва кочIол ансамбльги ахIун рукIун, гьелги рачун щвана гьениве. Дица дирго хIалтIи лъикI гьабулеб букIана.

Киназдаго лъала сундуе гIоло дида сверун гьеб базар багъаризабурабали. НекIого рукIана гьеб ректорасул бакI къваригIун гьелъие гIоло къеркьолел чагIи.

ЧанцIулго дитIе ругьелги бачIун букIана дуего бокьун, мун берцинго гьеб хъулухъалдаса ани лъикI букIинилан. Гурони дур ракI бухIизе бугилан. Инарин абун букIана дица гьезда, дие хIинкъалабиги кьогейин, дун нужекьа хIинкъуларин. Гьанжеги дун гьезукьаги хIинкъуларо, дида гIайиб гьечIеблъиги бихьизабизе буго дица.

БетIералдаса бахъараб ахиралде щвезегIан ургъун бахъун, гьечIеб жо букIанинги чIезабун рагьун букIана дида тIад гьеб такъсиргьабиялъул ишги, гьелдаго релълъараб букIана цIех-рехги».

ГIусмановасул рахъккун кIалъана диваналъ гьес зарал гьабураблъун рикIкIараб медицинаялъул академиялъул вакилги. Гьесги лъазабуна ГIабдурахIманиде гIунтIизарулел ругел гIайибал кьучIгьечIел ругин, гьес кинабго хIалтIиги сапаралги академиялъе лъикIлъиялъе, пайдаялъе гурони гьаричIилан.

Гьединго ГIусманов ГIабдурахIманица лъазабуна диваналъул хIукмуялда жив рази гьечIила, къануналъул анцIго бутIаялда рекъон гIайибияв вугин рикIкIун букIаниги цо бутIаялда рекъон гIайибияв вугин лъазабуниги гьелъул батIалъи гьечIила жив диваналъ такъсирчилъун рикIкIун вугила. Гьеб хIукмуялда тIасан гIарз хъвазе ракIалда бугин жидедайилан лъазабуна гьесул адвокатасги.

XS
SM
MD
LG