МагъчIваялъе рес

Сириялъул курдазул федерация Америкалъ къабул гьабиларо


Сириялъул курдал жидерго байрахъалда гъоркь
Сириялъул курдал жидерго байрахъалда гъоркь

Америкалъул Цолъарал Штатазул хиял гьечIин Сириялда жалго жидеего тIалъи гьабулел мухъал къабул гьаризе. Америкалъул пачалихъияб департаменталъул вакил Джон Кибрица лъазабуна Цолъарал Штатазул аслияб мурадлъун бугин – Цолъараб ва бикьулареб Сирия.

Хамиз къоялъ Сириялъул курдаз улкаялъул шималияб рахъалда лъазабуна жиндирго федеративияб регионалъул статус.

Гьадинаб хIукму гьес гьабуна Рмейлан шагьаралда тIоритIарал кIалъа-басаязда хадуб. Гьеб федеративияб регионалде гъорлъе лъабго автономияб регион инехъин бугин.

XS
SM
MD
LG